106 ополченцасе — Бихьинчилъиялъул орден Болъихъ росулъ рагьана КIудияб ВатIанияб рагъдаги, Афгъанистаналдаги, 1999 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназдаги хварал ракьцоязул хIурматалда бараб памятник. Гьеб рагьиялъул байрамалда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Гьес ракIалдещвезаруна 20 соналъ цере ккарал лъугьа-бахъиналги магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиги ва гьадин бицана: «106 ополченцасе кьуна Бихьинчилъиялъул орден, 42-ясе – «ВатIаналъе гIоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб...

