Новость на родном

Цересел къагIидаби

ГIажалалъул «тохтур»   КIочон тезе мустахIикъал малъа-хъваял Медицина кигIан цебетIуниги, гIемерисезда кIочон толел гьечIо сахлъи «цIунизелъун» умумузго хIалтIизарулел рукIарал къагIидаби. Хасго гьитIинал лъимал унтани, гьелда сверухъ тухумго бакIарун, некIо жидецаги гьадин сах гьарулел рукIанин лъималиланги абун, жидерго къагIидаби малъизе лъугьуна чIахIияб ригьалъул гIадамал. Умумузул заманалда гьанже гIадаб медицина букIинчIелъул, жидерго лъималазул сахлъи цIунизе батIи-батIиял ресал...

Новость на родном

ГIи-цIцIаназул выставка

Меседил медалал ва месед гIадаб квас   Жакъа Россиялъул магIишатазда буго гIи-цIцIаназул 23 млн 609,3 азарго бетIер Россиялъул хазина Россиялъул цогидал субъектазде дандеккун, Дагьистан кидаго букIана росдал магIишат цебетIураб республикалъун. ГIи-цIцIаназул къадаралъухъ балагьун, нилъеца Россиялдаго ккола тIоцебесеб бакIги. Гьелде тIадеги, нилъер мучIдузда гIезабураб гIиял гьан Россиялдаго къиматаблъунги рикIкIуна. Гъоркьиса Дагъистаналъ Ираналъе бичун буго ункъазаргоялдасаги цIикIкIун...

Новость на родном

Устарасда релълъараб букIуна хIалтIиги

ЛъикIав инсанго гIадин, лъикIав махщелчиги вуго Сапарилав МухIамадов   Сапарилав МухIамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетIергьанаб «СагIид ва Компания» цаби-гIусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цIализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. ЦIали лъугIидал, 1985 соналда хIалтIизе витIана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна...

Новость на родном

Искусство

Театралъул эмен   ГIабдурахIман Магаев гьавуралдаса — 110 сон ХIайбула ГIабдулгъапуров, МагIарул театралъул художествияв нухмалъулев: «Росулъе театр бачIунеб рагIула!» Гьеб каламалдаса вохуларев чи жакъа магIарул росулъ ватизе захIмат буго. МагIарулазе гIорхъи гьечIого бокьула ЦI. ХIамзатил цIаралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул театр. Къойидаса къойиде камиллъулеб ва цIубалеб буго театралъул коллективалъул творчествоялъулаб махщел. Амма киназдаго гуро лъалеб магIарулазда...

Новость на родном

Баракатаб тадбир

АхIулгохIда – ифтар   КIалбиччаялъул тадбиралда гIахьаллъана щуазаргоялдасаги цIикIкIун чи Ифтаралда гIахьаллъана районазул бутIрул, имамзаби, республикаялъул муфтияталъул вакилзаби. Гьенир нашидал ахIана, мавлидал цIалана «Бакълъухъ», «ЧIикIаб» ва «Унсоколо» къокъабаз. Ифтаралъул гIахьалчагIазе насихIатал гьаруна Дагъистаналъул гIалимзабаз, бихьизабуна кIудияв имамасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб сценка. Болъихъ районалъул вакилзабазги бихьизабуна «Рекъел гьаби» абураб сценка.Гьединаб тадбир гьабизе квербакъаралъухъ кIудияб баркала загьир...

Новость на родном

КIиго пачалихъ цолъизабулеб кьо

Дербент буго Россияги Азербайжанги цоцада бухьинабулеб шагьранухда   «Каспий» Упрдор ФКУялъул баяналда рекъон, исана хаслихъе Самур гIоралда тIасан кьо бан ва «Кавказ» Р-217 шагьранухлул цо бутIа къачIан лъугIизабизе буго. 28 маялда гьел бакIазда гьарулел хIалтIабазухъ халгьабуна Росавтодоралъул бетIер Андрей Костюкицаги.«Кавказ» Р-217 федералияб нухлул хал­гьа­бизе байбихьана республикаялъул тах­ша­гьаралдаса бахъараб Азербайжаналъул гIор­хъоде щвезегIан. Планалда рекъон, 2024 со­налде...

Новость на родном

ЦIодорлъи гьабе

НугIазул «гьужум»   Крымалъул гемморагияб унти тIибитIу Дагъистаналда нугIаз хIан­чIун зарал ккана 300 чиясе. ДРялъул Сах­­лъи­­цIуниялъул минис­тер­ствоялъул баяналда ре­къон, МахIачхъалаялдаса ун­къо сон бараб лъимаде ва Гъизляр районалда гIум­ру гьабун вугев чи­ясде, нугIаз хIанчIиялъул хIа­силалда, бахана Кры­малъул гемморагияб ли­хо­радка. Жеги анлъго чи боль­ницаялда вегизавун вуго гьеб унти батиялда щаклъи ккун. Дунял хинлъанагIан нугIаз гIадамазда хIанчIиялъул хIужаби...

Новость на родном

Сахаватлъи бихьизабуна

21 маялда тахшагьаралъул кIудияб мажгиталда тIобитIана республикаялъулаб ифтар   Гьелда гIахьаллъана ДРя­лъул бетIер Владимир Васильевги.«Дагъистаналде вачIиндал дида бихьана хIукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагIаби: «ГIадамазе гIемераб лъикIлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахIмуги», — ян. Жакъа тIо­лабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул ча­дирал». Гьенир ракIарула цоцазе чед бащад гьабулел гIадамал. Гьединаб лъикIаб иш гьабиялъул...

Новость на родном

ХIухьбахъи

ГIадлу гьабизе буго   Лагеразул хIалтIухъабазул халгьабизе тIаде босана МВДялъ ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъулги Роспот­ребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъулги хIаракаталдалъун 22 маялда тIоритIана хIухьбахъиялъулгун сахлъицIуниялъул лагеразул хIалтIухъабазе дарсал. «Солнечный берег» абураб республикаялъулаб лъайкьеялъулгун сахлъицIуниялъул централда тIоритIана мастер-классалги лекциялги. Гьел дарсал кьуна МЧСалъул экспертаз.Риидалил каникулазул заманалда лагеразде рачIарал лъималазул гIумруялъе хIинкъигьечIолъи букIинабиялъул бицунаго, ДРялъул вице-премьер –...