Новость на родном

Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани…

24 ноябрь — улбузул къо   Гьале исанаги тIаде щвана ТIадегIанас инсанасул гIумру берцинлъиялъе ракьалде йиччарай хIурулгIин, бищунго хIикматай, гIажаибаб гугьаралъул берцинлъиялъ сверухълъиго асир гьабулей эбелалъул байрам. Нилъер щивасул гIумруялъул тIехьалда буго эбелалъул магIуялъги рохелалъги хъварал тIанчал. Щивас зама-заманалдасан регула гьел тIанчал нахъехун. Дида гьикъани, масала, ВатIан сундасан байбихьулебилан абун, дица абилаан эбелалъул гьимиялдасанилан.  ...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда 300 машгьурав магIарулав

(Цебесеб 46-номералда)   МухIу ГIалиев (1940)       ГIалиев МухIу – советияв ва Россиялъул политикияв хIаракатчи, ДРялъул тIоцевесев президент, философиял гIелмабазул доктор.   Гьавуна 1940 соналъул 6 августалда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ. 1962 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет ва 1969 соналда гьенибго аспирантура. 1962-1964 соназда хIалтIана ЦIумада районалъул Гъоркьа Гьаквари росдал школалъул директорлъун....

Новость на родном

Лукъманул ХIакимил насихIатал

Я, дир вас! Дуца Аллагьасукьа хIинкъаразул гурони квенги кванаге ва гIакълуги дандбай хIакъикъиял гIалимзабазулгун. Дуца гьалмагълъи гьабе Аллагьасукьа хIинкъаразулгун. Мунагьал гьарулезулгун гьалмагълъи гьабуге. Гьезде гIазаб-гIакъуба щвезе бегьула ва гьеб мехалда цадахъ дудеги щола балагь. Мун вукIа лъикIал чагIазе лагълъун, киданиги квешазе гьудуллъун вукIунге. Мун тушманасдаса рикIкIалъе, гьудуласдасан цIодорлъиялдаги вукIа. Балъгояб жо бахчун толев чиясулъ букIуна...

Новость на родном

Умматалъе мисал – нилъер авараг

  МухIамад авараг вукIана кутакалда адаб цIунулев ва бищунго тIабигIат-гIамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечIого.   Рокъове лъугьиндалги заман лъабго бутIаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутIа Аллагь рехсеялда, ай гIибадаталда тIад хвезабулаан, кIиабилеб бутIа – хъизамалда тIад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тIад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цIаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакI батаралъув...

Новость на родном

Умматалъе мисал – нилъер авараг

  МухIамад авараг вукIана кутакалда адаб цIунулев ва бищунго тIабигIат-гIамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечIого.   Рокъове лъугьиндалги заман лъабго бутIаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутIа Аллагь рехсеялда, ай гIибадаталда тIад хвезабулаан, кIиабилеб бутIа – хъизамалда тIад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тIад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цIаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакI батаралъув...

Новость на родном

Хъаме пенсионерал!

      Цо данделъиялда кIалъалаго РФялъул лъайкьеялъул министр Ольга Васильевалъ абун букIана херлъаниги хIалтIудаса нахъеги инчIого, учительзаби-пенсионераз ккун ругила хIалтIул бакIал. Гьединлъидал гIолохъанал учительзабазе рес щолеб гьечIила гьанжезаманалъул тIалабазде рекъонкколеб лъай цIалдохъабазе кьезе. Министралъул рагIабазда рекъон, ругьунаб бакIалдаги кIусун, пенсиягун моцIрол харжги чвантиниб лъун, чIегIераб икраги кванан рагIула ригь арал учительзаби. Ва педагогияб вузги...

Новость на родном

МагIарул театралда – ЦIияб сон

   Гьазул цIаралги цIвабилъун кунчIана   20 ноябралда МахIачхъалаялда, МагIарул театралъ рагьана жиндирго 85-абилеб сезон. Гьеб букIана миллияб театралъ цохIо жиндиего хасаб цIияб соналъе гьабулеб дандчIвай.   ТIолабго миллаталъулго байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана СагIудиязул ГIарабиялъул Жидда шагьаралда вугев Россиялъул генералияв консул Багьавудин ГIалиев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов, Басир Инусиловасул яс Шумайсат Инусилова,...

Новость на родном

Ресги бугони, резги бугони, кIигоги ячуней

Цо лъади — цо унти, кIиго лъади — кIиго унти   Сентябрь моцIалъул ахирисел къоязда «Россия-24» телеканалалдасан кьолеб букIараб передачаялда Россиялъул бусурбабазул идараялъул нухмалъулев, муфти Равил ГIайнудиница бицана цIикIкIарасеб къадаралда бусурбабаз гIумру гьабулел регионазда цо яги кIиго лъади ячин законияблъун гьабуни лъикIаб букIинаанин.     Гьединабго пикру буго Москва шагьаралъул муфти Илдар ГIаляудиновасулги. Регионал цIехечIого,...

Новость на родном

Гьудуллъиялъул нух

ГIодосанго мадугьаллъиялъул лъикIал гьоркьолъаби ратана Шамил районалъул Бакълъухъ, ГIасаб ва ГIахьвахъ районалъул Изано росабазул жамагIатазда гьоркьоб. МегIер-гIалахалъулги гIи-боцIулги дагьабищха цоцазе кколеб жо букIунеб гIорхъицоял мадугьалзабазул.Умумулъанго киналго суалал гьел росабаз тIуразарулелги ратана гьудуллъиялда. Цоцазул хIурматги цIунун.     Росабазда гьоркьоб бухьеналъе квербакъулеб тIеренабго кунлъун букIана Изаноса ХIапури мегIер къотIун ГIасабе унеб чIедерабго нух. Советияб власталъул соназда...

Новость на родном

«Мун йиго дир эбел»

  МагIарул театралда цIияб спектакль 1980-абилел соназул ахиралда бихьун букIана дида «Мун йиго дир эбел» абураб спектакль. Дол соназда гьеб лъун букIана ДРялъул халкъияв артист СалихI Имангъоловас. Гьанже гьеб цIигьабуна РФялъул мустахIикъав артист МухIамад НурмухIамадовасул хIаракаталдалъун.     Къокъго бицани, аслияб масъала букIана ритIухълъи цIуни. Цо хъизамалда гIолей кIиго яс: цояй – рукъалъул тIалабалда, цогидай...