МагIаруллъиялъул къисматалъулги, мацIалъулги, тарихалъулги кIулал бетIергьаби ккола гIолеб гIел ТIолго дунялалда машгьурлъараб дир магIаруллъи. Дур цIаралъе мустахIикъал васазги ясазги цIвабзазда хъвана дур цIар. Дур кьурабазул къебелъухъ лъадарарал гIолилаз ахIараб дур цIар цIвалъун кунчIана. Мун – дир чIухIиги бухIиги. Дур мугIрузул тIогьиб бусен лъураб бахIарчилъиги багьадурлъиги гIасрабаз чIаго рукIине руго. Дур цIар бахъидал, зобалазде цIаюцIуна....

