ХХI гIасру – цIиял ресал, цIиял захIмалъаби ГIалимзабаз, цебегоялдаса нахъе, гьоркьохъеб ригьалъул гIадамал микьго сагIаталъ кьижи лъикIаблъун рикIкIуна. Инсанасул сахлъиялъе кIвар бугеб жолъун ккола гIураб къадаралда кьижи. Макьу тIури сах гьабулев тохтур ккола сомнолог. Макьу щунгутIи гьеб унти гурин, батIи-батIиял унтаби сабаблъун лъугьунеб гIаламат бугин рикIкIуна специалистаз. Ахираб нусго соналда искусственнияб канлъи, гьединго компьютерал...

