«Муслимат» гIуцIиялъ, магIарул ва гIурус мацIазда, лъагIалида жаниб кIиго нухалда къватIибе биччала руччабазул исламияб календарьги. Гьенир ратула руччабазе пайдаял диналда хурхарал суалазе жавабал, исламалъул берцинлъигун гьайбатлъиялъул, хьвада-чIвадиялъул къагIидабазул, хирияв МухIамад аварагасул (с.т.гI.в), гьесул асхIабзабазул, гIалимзабазул, диниял церехъаби-руччабазул хIакъалъулъ бицарал баянал. Гьединго гьелда руго богогьанлъиялъул ва халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги. Щибаб къоялда рекъон лъун буго щуябго какил...

