Маткапитал бокьун рокьиго щайзе…

Виччанте, Чамасдак, чирахъ бакизе,
Бекулеб бугин гьод гьаб нагрузкаялъ,

РещтIа гIодой, чIужу, чIван лъунин дир черх,
Чияца чIваясул Указ сабаблъун.

Гьанже харадуниб херлъарав дие
Хабалъ босизейищ ханасул гIарац?
Херлъун тату хварав тухьулиясе
Маткапитал бокьун, рокьиго щайзе?

Рукьбузда нур ссварав субалучасе,
Путинил кепкаца кепго кьеладай?
Кьаву чIвараб туманкI, ишан ккунилан,
Унго, кьвагьиладай, гIужда щвеладай?

Дун — идиотасул речIарал лугби,
Капитал кьунилан цIилъун рачIинищ?
Кьиндалил хух гIадай гванзай лъадуца
Молода лъеладай мехго щвелелде?!