Андагудурги хъвана, хъала гIадаб рукъги щвана

(Эбелаб гара-чIвари)

Бицунеб хабарги, гьабулеб ишги, хъвалеб асарги гIицIго жиндиего хасиятаб, сверухъ ругезулалдаса батIияб, цо-цо мехалъ хваниги нилъ хадур гъолареб, нилъеда бичIчIулареб букIуна магIарулазул бищунго пагьму-гьунар бугел хъвадарухъабазул цояв ГъазимухIамад ГъалбацIовасул.

Гьесул цо «ГIодобнакIкI» гIеларищ гIалам кантIизе?!
Гьаб ЦIияб соналъул сордоялъ ккараб нижер хабар-кIал кIутIун къалмиде босана дица.

— Газик, кинаб букIараб дуе басрияб сон?
— Пьеса хъвана – «Андагудур».
(Гьединги абун, цо цIодораб куцги гьабун, чIваркьан дихъ валагьун чIана авар адабияталъул чIалу гIадав ГъалбацIов).
— ТIубараб лъагIелищ гьеб Андагудуралда тIад араб?
(ГъазимухIамад велъанхъана. Гьесда бичIчIана дир суалалъулъ «гьаб цIаргIаги киса щвараб, гьадигIан цIакъаб, цIалдолезеги щай рагьулареб гьелъул гъварилъи» – ян абураб пикру букIин. Амма гьеб бичIчIизабизе лъугьинчIо – лъикIаланго заман хIажалъулила гьелъул гъварилъи-гIатIилъи, ай рагIа-ракьан цIехезе ккани).
— ТIубараб лъагIел инищха, амма дие гьеб аслияб жо букIана араб соналъ… Квартираги щвана, гьеб жо хъвачIого те.
— Гьебали, бокьун батичIони, хъваларин, чура- хули букIунарищ?
— Чурулеб рукъ гуро, ремонт гьечIо жаниб вабще…
— Часни бакIищ, секцияйищ? КомнатагIаги чан бугеб?
— Секция, канешно. 3-х комнатни. Комнатаби хъвачIониги бегьила – чан чекист вугев гьаб дунялалда.
— КигIаналъе босараб?
— БосичIо, пачалихъалъ кьуна.
— Цо гьединаб сахаватаб пачалихъ ниже-нижееги кисандай щвелеб?
— Гьеб щивасул пагьму-гьунаралда бараб жо буго.
— Араб соналъ бищунго мун вохизавурабги, бищунго мун пашман гьавурабги кIиго яги чанго лъугьа-бахъин?
— Бищунго пашман гьавуна, бахчун щибилеб, гьадаб дуца риидал диде хъвараб Рагьараб кагътица. Килщал рортун айгийин дур.
Бищун вохараб жо – МухIудада Дагъистаналъул парламенталде вищи.
(Гьев велъана ва дида бичIчIана гьеб Рагьараб кагътида хурхараб чара хвараб релъи букIин).
Цогиги вохизе ккараб лъугьа-бахъин – лъикIай гIаданалъулгун лъай-хъвай ккана.
(Гьанжесалалъ дун велъана – дагьал руччабазе зурма пурав чи гурелъулха господин ГъалбацIов!)
— Гьеб кинабго бичIчIана, гьанже бице гьаб ахираб заманалда пьесабазде ваялъе гIилла щиб? Дун мекъи ватичIони, гъоркьисала дур кIигониги пьеса лъуна Авар театралъ.
— Кутакалда захIматаб жанр буго драматургия. Дир рес букIарабани, дица адабияталде вачIуневщинав гIолилав тIамилаан пьеса хъвазе- хъвадарухъан вугищ – гьечIищали лъазе. Гьелъ бицуна ва борцуна кинабго.
Дие цIакъ бокьула драматургия.
ХIакъикъаталдаги, театралъ ахирисеб кIиго лъагIалида жаниб дир кIигониги пьеса лъуна. Лъабабилеб лъелищали лъаларо…
— Дур Андагудурги лъечIеб щибгIаги гьез лъелеб?
— Лъаларо…
— Дуе бищун рекIее гIолев хъвадарухъан ва поэт?
— ЧIагоязда гьоркьосайищ, хваразда гьоркьосайищ яги чIагого хварал бездаразда гьоркьосайищ?
— БатIалъи гьечIо.
— Бездарал дие хронически рихарал руго. Бищунго рокьулел – ХIамзатги Расулги.
— ГIолохъаназда гьоркьоса?
— ГъалбацIов…
— ЦIияб соналъе дур ругел планалищ гъол, къасдалищ яги анищалищ?
— Маргьабазул тIехь хъвалеб буго. ГIурус мацIалдаса таржама гьабураб цо-кIиго тIехьги буго кинго басмаялде бахъизе кIоларого. Хъалиянги тезе буго.
— Хъалиянали лъаларин, гьекъолеб жо кида тезе бугеб?
— Гьелда хъваге, букIухъе те.
— Араб соналъ бихьараб, ракIалда чIараб макьу – дида лъала дуца гьел «ракIарулел» рукIин?
— БукIана гьеб гIамал – рихьа-рихьарал макьаби хъвалеб, гьанже хъвалелги гьечIо, ракIалдаги чIолел гьечIо.
— Щиб ккараб?
— Щибаб къоялъ цого бакIалълъ гуро ворчIулев вукIарав басрияб соналъ.
— ИсанагIаги пачалихъалъ кьураб хъала гIадаб секциялда, ай цо бакIалълъ ворчIилародай?
— Гьеб мехалда кьезе кIочонге гьеб. ЛъикIаб суал бугин.
— ЦIияб соналъ магIарулазе щиб гьарилаан?
— Гьарила цIураб бакъвараб гьанги, цIияб кьарияб гьанги, бацIцIадаб гIаракъидул шишаги, гьуинаб хабарги. Цойги: 1 январалъ рорчIараб мехалъ, исана жиндир сапожки гьечIин, шуба босичIин, ГIалил, ГIумарил гIемераб гIарац бугин, гьединалщинал гIантал пикрабиги гъоркьан риччан, Борис Ельцин лъикIав гьечIин, исанаги Жириновский ворчIанин, гьединалщинал пикрабиги тIасан риччан, бихьинал бихьинал гIадин, цIуял цIуял гIадин рукIине бокьила ЦIияб соналъ!
— Дир бакIалда щиб суал дуцаго дуего кье-лаан?
(Щибго ургъичIого, бачIинахъего). Гьаб интервью дицайищ чурилеб, дуцайищ?
— Жавабги кьеха дуцаго…
— Босарас чуризе ккелаха!

ГъалбацIовасул гьеб заключителни калимаялдаса хадуб, 1995 соналъул ахирисеб сардилъ, ахирисел гъурщалги кьун, дица босана бацIцIадаб гIаракъидул цо сурахIи.
ЦIияб сонги цоцада баркун, тIолалго магIарулазе сахлъабазул гохIги гьарун, гIезегIан гарамал риччана нижеца.
Икъбалалъ нилъеда къвал бараб, къадарлъиялда нилъеца мал бараб батаги, гьудулзаби, гьаб 1996 – абилеб сон!