Новость на родном

«ЧЕДалъ» гIезабураб гIи берцин бихьун

Беларусиялда ракIалда буго нилъер республикаялдаса гIи босизе. Гумбет районалъул ЦIиликь росулъа цо чанго чияс гIуцIараб «ЧЕД» абураб КФХялъ бичизе буго гьезие гIураб къадаралда гIи. Рехсараб магIишаталъ гIезабулеб «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гIи ккола гьеб. Беларусиялъ босизехъин буго 4000 бетIер гIиял. Цебеккунги гьенибе 150 бетIер гIиял бичун букIана «ЧЕДалъул» ма­гIишатчагIаз. Гьелда цIакъго ракI рекъараб куц буго...

Новость на родном

Машгьурав журналист кIодо гьавуна

РФялъул хIу­ку­маталъ премия кьуна Алик ГIаб­дул­хIамидовасе. Россиялъул прессаялъул къолъун кко­леб 13 январал­да, РФялъул хIуку­маталъул нухм­а­лъулев Дмитрий Мед­ведевас батIи-ба­тIиял шапакъатал ва премиял кьуна журналистазе. Жиндирго хIал­тIулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъухъ премия кьуна машгьурав журналист Алик ГIаб­дулхIамидовасеги. Нилъер республикаялдаса, улкаялъул хIукуматалъул рахъалдасан гьединаб шапакъат щварав чиги гьев гурони ккечIо. — Нанотехнологияз ругьунаб, хъвадарулеб къагIида нахъе цуниги, дун божарав вуго...

Новость на родном

Баркула

Гьал къоязда 80 сон тIубана ФСБялъул хIалхьиялда вугев полковник, контрразведкаялъул хIурматияв хIалтIухъан, Республикаялъул ФСБя­лъул Ветераназул советалъул председателасул заместитель, Шамил районалъул ТIасаколо росулъа Сайпудин Асадулаевас. КьучIав гьалмагъасда, намус-яхI цIикIкIарав унго-унгояв магIаруласда баркула юбилейги тIаде щвараб ЦIияб сонги. Гьарула гьесие ва хъизамалъе чорхое сахлъи, халатал сонал, парахатаб гIумру ва рекIел мурадал тIурай.

Новость на родном

Лъедаса махIрумлъараб Харахьи

3 январалдаса нахъе гьекъолеб лъедаса махIрумлъун хутIун буго щунусгоялдасаги цIикIкIун цIараки жаниб бугеб Харахьи росу. 1500-гIан чияс гIумру гьабулеб гьеб росулъ буго жеги анцIго росдал гIадамал къабул гьарулеб участкаялъулаб больницаги, консервазул цехги, гьоркьохъеб школаги, библиотекагун чанго тукенги, пекарняги, цогидал учреждениялги. Росулъ балеб буго цIа свинабулезул хъулухъа­лъул станцияги. Амма сахъадерил магIарда гъоркьан лъим бачараб бакIалдаса аскIоса...

Новость на родном

ХитIабалда тIасан пикраби

ДРялъул бетIер Владимир Васильев: «Улкаялъул нухмалъулесул жа­къа­себ политика хурхараб буго кIиго аслияб масъалаялда. Нилъер пачалихъалъул къадру борхизабиги щивав чиясул тIалабазде кIвар кьейги.Президентас цере лъурал киналго масъалаби данде росани, гьел хурхарал руго Россиялда гIумру гьабун ругезул къадар цIикIкIинабиялда, лъай кьеялда ва сахлъи цIуниялда киналго шартIал чIезариялда, халкъалъул рукIа-рахъин лъикIлъизабиялда ва гьел гурел цогидалги тIалабазда.Демографиялъул рахъ лъикI­лъи­забиялъе...

Новость на родном

Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

Федералияб Собраниялде ХитIаб «Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги, Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги. Эбелалъул гIарцул гуч Владимир Путиница ракIалде щвезабуна 2006 соналъ гьадинабго хитIабгун цеве вахъунеб мехалъ, «Эелалъулаб капитал» программа хIалтIизе биччалеб бугилан гьабураб лъазаби. — ГьабсагIат гьеб программа хIалтIулеб буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегIан. ГIемерисел гIолохъанал хъизамазда ургъел чIван батула 2022 соналъ гьеб...

Новость на родном

Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.   15 январалда РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитIаб, це-ресел соназ гьарураздаса гIемер батIияб букIанин абизе бегьула. ГIемерал гIадамал, хасго гIолохъаналхъизамал рохизарурал хIужаби рехсана президентас гьенир. Жакъасеб номералда нижеца рехсолел ругоулкаялъул бетIерас жиндирго хитIабалда рорхарал бищунго кIвар бугел цо-цо хIужаби ва баянал. Президентас байбихьана...

Новость на родном

Рокьи гуреб тIегьачIо…

АсхIабгIали ХIасанов магIарулазда лъала шагIир, палугьан, кочIохъан хIисабалдаги Даку Асадулаевасул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев хIисабалдаги. Гьев ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес къватIибе биччана микьго тIехь. Дагьаб цебегIан къватIибе бачIараб иргадулаб тIехьалда цIар буго «Рокьул чирахъ» абун. ТIехь гIуцIун буго анлъго бутIаялдаса. ШагIирасул шигIрабазул аслиял темабилъун ккола ватIаналде рокьиги, умумузул бахIарчияб тарихги, жакъасеб къоялъул къисматги,...

Новость на родном

Инсул росулъе сапар

2019 соналъул ахиралда цо къоялъ дихъе кIалъан вачIана Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъа Юсуп МухIамадов. Гьес бицана жиндирго мурад — гIахьаллъулев вуго «ХIакъикъат» газеталда цIар хисиялъе лъазабураб къецалда. Юсупица абуна жинда берцин бихьун бугила ИРС абураб цIар. Щибаб хIарпалъул магIнаги бицана гьес. ИРС – Инсул Росулъе Сапар. Дие цIакъ кIудияб асар гьабуна хIарпазул магIнаялъ – гьеб...

Новость на родном

ТIубараб гIасру ана долдаса нахъе

Исана 100 сон тIубала РСФСРалда гьоркьоб Дагъистаналъ жибго жиндаго чIараб республика хIисабалда автономия лъазабуралдаса. Расул ХIамзатовас абулаан Дагъистаналъул гIемерисеб тарих хвалчабаз хъвараб бугилан. Жалго жидедаго чIарал шагьарал ракки, хадуб Кавказалъулаб Албания абураб пачалихъ гIуцIи, сасанидал, гуннал, гIарабал, туркал-сельджукал, монголал, иранал рачIин… дагьал рукIинчIо гьелъул гIумруялъулъ политикиял ва экономикиял хиса-свериял.Республикаялъ ракълилаб гIумру гIуцIиялде лъурал галабазул цояб...