Новость на родном

Гьанжеги лъим сабаблъун…

Гьал къоязда чехь-бакьазул унтигун ва цIа-кан бахун Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялде ккана 102 чи, гьездаго гьоркьоб 50 лъимерги. Унтаразул «чехь-бакьазул инфекция» (ОКИ) букIин чIезабуна.   ГIадамал унтиялъе гIиллаги ккола чорокаб лъим гьекъей. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзора­лъул управлениялъул экспертаз ва ДРялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул хIалтIухъабаз гьеб лъугьа-бахъиналъухъ халгьабулебги буго. Гъизляр шагьаралда, чорокаб лъим сабаблъун, чехь-бакьалъул унти лъугьун гIадамазул...

Новость на родном

КIиго отделениеги рагьизе буго

15 январалда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана №2 республикаялъул клиникияб больницаялъул (РКБ) бетIерав тохтур Ибрагьим МухIамадовасулгун дандчIвай. Гьес бицана №2 РКБялда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ.   «Ахираб заманалда улкаялъулги республикаялъулги нухмалъиялъ кIвар буссинабулеб буго халкъалъул сахлъи цIуниялде. Масала, гьабсагIаталда улкаялъул ФАПаздаса байбихьун больницабазде ва медицинаялъул центразде гIунтIун халгьабулеб буго материалияб рахъалъ гьел кин хьезарун ругелали, больницабазулгун ФАПазул минаби...

Новость на родном

ЦIияб календарь

«Муслимат» гIуцIиялъ, магIарул ва гIурус мацIазда, лъагIалида жаниб кIиго нухалда къватIибе биччала руччабазул исламияб календарьги. Гьенир ратула руччабазе пайдаял диналда хурхарал суалазе жавабал, исламалъул берцинлъигун гьайбатлъиялъул, хьвада-чIвадиялъул къагIидабазул, хирияв МухIамад аварагасул (с.т.гI.в), гьесул асхIабзабазул, гIалимзабазул, диниял церехъаби-руччабазул хIакъалъулъ бицарал баянал. Гьединго гьелда руго богогьанлъиялъул ва халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги. Щибаб къоялда рекъон лъун буго щуябго какил...

Новость на родном

Руччабазул «гъансито»

МагIишат гьабизеги захIматаб, лъималазе тарбия кьеялдеги бищунго кIвар кьезе хIажатаб гьаб заманалда Дагъистаналъул руччабазе мугъ чIвалеб бакIлъун лъугьана руччабазул «Муслимат» абураб исламияб жамгIияб гIуцIи. Гьелъул аслияб масъалаги ккола бачIунеб гIелалъе рухIияб тарбия кьолел руччаби-улбул куцай.   Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулей Хадижат ШихгIалиевалъ кидаго абула: «Эбел гьечIони, гьечIо я бахIарчи я шагIир», — ан. Унго-унгоги эбелалъ кьолеб...

Новость на родном

ТIагIамабги регьунебги гьан бокьани…

Гьал къоязда ниж щвана Ленинкент поселокалде. Гьенибе сапар бухьиналъул мурадги букIана поселокалъул ветеринарияб участкаялъул фельдшер, ЧIарада районалъул Нукъуш росулъа ГIабдулагь ГIабдулаевасулгун накъит гьаби. 1980 соналда росдал магIи­ша­талъул институталъул зооинжене­рияб факультетги лъугIизабун, ГIабдулагь хIалтIана Астраханалда, Гъизляр районалъул Урицкиясул цIаралда бугеб совхозалда. 2000 соналдаса нахъе гIумру гьабун вуго Ленинкенталда. — ГIабдулагь, щиб хъулухъ тIу­балеб нужер участкаялъ?— Нижер...

Новость на родном

ГIадлуялде цIаниги кантIилин кколаро

2019 соналда 13000 хIаким та­михIалде цIан вуго республикаялда. 2018 соналде дандеккун, 3000 чиясдалъун цIикIкIанин гьеб сияхIин абураб баян кьуна республикаялъул прокурор Алексей Ежовас информ­алатазе. Гьеб гуребги, прокуратураялъу­хъа бажарун буго хIалтIухъабазе кье­зе кколеб букIараб 80 млн гъурщил налъи лъугIизабизеги. 13000 хIакимасе гIадлу гьабун батани, кIудияб къагIида ккун бугилан абила газета цIалулез. Амма щибха гьелъ кьураб? ХутIарал...

Новость на родном

ХIарщулъ къан ругел машинабиги нухлул рагIалда эхетарал гIадамалги

Нилъ кинаб гIасруялда ругониги, бокьараб заман рагьдухъ рещ­тIаниги, нухазул суал, ригъарал ругънал кинигин, кидаго хутIулеб буго аслияблъун. Хашал нухал рукIин лъугIулареб бетIер унти буго бокьараб муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасеги. Бабаюрт мухъалда бугеб ЦIумада районалъул Шава росулъе унеб нух буго гьабсагIат бихьизе нечараб хIалалда. 1970 соналдаго бахъараб шагьранух букIаниги, гьенибе жеги хъил киса гурин тIолеб, букIине кколедухъ...

Новость на родном

ХитIабалъул тIокIлъи — социалияб гьетIи

ГьанжегIагар ДРялъул бетIер Владимир Васильевас данде гьарун рукIана пачалихъиял СМИязул бетIерал редакторал. Гьениве ахIун вукIана «ХIа­къи­къат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановги. — ГIумахан, республикаялъул бетIерас нуж данде гьариялъе гIилла кинаб букIараб? — РФялъул президент Владимир Путиница санайилго Федералияб Собраниялде гьабулеб ХитIаб гьоркьоб лъей букIана гьеб дандчIваялъул мурад. Информация кодоб бугев чияс дунял квегъизецин рес бугилан...

Новость на родном

Ибрагьим АХIМАТIОВ: «Дир изну букIинчIо батIиявлъун вукIине…»

Жакъа, гIумруялъул завалалде вахарав машгьурав миллатцоясул дуниял бихьи, гIумруялде бербалагьи, жакъаселъе гьес кьолеб къимат, метериселде пикраби — цIалдолезе гьеб рагьи буго гара-чIвариялъул мурад. — Ибрагьим, кинаб пикруялъ жакъа цIикIкIун бакI кколеб ботIролъ?«Концерн КЭМЗ» метерисеб къоялъ халкъалъе хIажатаблъун лъугьинабиялъе ресал ратиялда тIад ургъула. Заводалъул иш тIубан кодобе босиялъе васал куцазе, гьезие хIалбихьи кьезе, гIолохъаназда цIикIкIун малъизе...

Новость на родном

Суалал-жавабал

«Педагогазе кьола «Лъай кьеялъул отличник» абураб цIар. Амма, цIар бугониги, гьабулеб кумек букIунаро. Лъие хIажат бугеб гьедигIанги къимат гьечIеб цIар?» Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гIелмиял хIалтIухъабазул профсоюзалъу­л рес­ко­малъул юрист Мансур Му­хIа­мадсагIидовас: — 2009 соналъул микьабилеб октябралда ДРялъул хIукуматалъ къа­бул гьабураб «Педагогиял хIалтIухъаба­зе харжал кьеялъул хIакъалъулъ» абураб №345 хIукмуялда рекъон, «РФялъул мустахIикъав учитель»...