Щуйил къимат лъуна дур ХитIабалъе

(Володя Путинилгун пасатаб гара-чIвари) 

 

— Физкультпривет, Володя!
— Салам, салам, Андийский!
— Кинаб гьороца хъамун мун нахъеги Дагъистаналде вачIун вукIарав гъоркьиса риидал?
— Дирго политикияб роржен байбихьараб Болъихъ районалъул юбилей кIодо гьабизеги кIинусго гарам горячий напитокалъул цадахъ биччалин джигит Умаргаджиевасе кьураб рагIи кквезеги щун вукIана дун нужехъе.
— ТIубанищха дур мурад?
— Пидиса на пидиса ккана.
— Гьеб кин, откатал гIадин, 50 на 50?
— Умаргаджиев эмехвадаз юбилеялде ахIунго ватичIо, дунгун гIемер гьекъолин хIинкъун.
Дицаги цо такъия лъурав, михъал тарав чиясулгун нусго гарам биччана, балъхъадерил ополченцазе сахлъиги гьарун.
— Сахлъияли гьезул ганщазул гIадаб бугин, гарамги гIарац щвезе бугищ ополченцазе?
— Щибаб рухI рикIкIун моцIрое лъабаза-азар гъурущги щвезе буго, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазего гIадал льготабиги рукIине руго. ГIандиса ГIумаханил, Госдумаялъул депутатасул гьунарги буго гьеб ишалъулъ.
— Дагъистаналда кинавниги 22 азарго ополченец вукIин лъалищ дуда?
— Лъеца агиха нуж..Астагъфируллагь, прости меня Господи, погорячился!
Лъала, амма цевесалалъ дун Дагъистаналде вачIиндал, гьеб тарих как минимум щуго нухалъ дагьаб букIана. ЦIад бан хадуса гIурдахIанал гIадин гIемерлъулел руго гьал нужер рагъухъаби. Ничего, ничего, улкаялъул казнаги бечедаб буго, квер гIатIидав чи дунги вуго.
Тем более дирго кореш Узархановичасе кьураб рагIуе хилиплъизегIан хвезе вегила дун.
— Владимирыч, цо халкъалъго кьолеб суалги буго, дагьаб санагIат гьечIеб. Кьеладай, кьелародай?
— КьуркьудичIого, давай валяй, дружок!
— Нижер власталъул тIогьир рукIанщинал чиновникал, чолониса чахъаби киниги, рачун туснахъалъур гъуна. Цо-цо «гъаримаз», жидеего чIаголъи гьабун, ЧIегIерралъдал берегазде бухъизабуна. Цойги тайпа Турциялда тIепун чIана. Лъабабилел розыскалда руго.
Гьелда бан халкъалъ гьикъулеб буго: нилъер гьайбатаб улкаялда бикъа-хъами цохIо Дагъистаналда гурони гьечIебищила. Нагагь батани, бегьуларищила нижер хутIаралгIаги чиновникал чангит бачIого тезе.
Дицаго дагьаб батIайиса гьикъилаан. ЧчугIа бетIералдаса махIцунелъул, Москов шагьаралдаса байбихьун лъикI гьечIищ чиновниказда михир бачине?
Миллералги киллералги, шуваловалги шуллералги, сечиналги субалучалги самсин рекIеда рекIун ругоха ле, Володя.
— Халкъалъул суалго бокьана дие дуралдаса.
Жакъа миллераздаги киллераздаги квер хъванани, пачалихъалъулаб строй биххизе, жагъаллъизе, жибго хIукуматалда жаниб кутакаб гъалмагъир багъаризе рес буго. Тогда прощай, могучая Русь! Гьелде хиялалгун халккун чIун гьечIищ Америкаги Западги? Гьединлъидал московалъул суалалде щулаго нуцIа къан лъикI.
ГIагараб Дагъистаналъул коррупционерал жанир гъеялъул суал босани, гьеб букIана чара гьечIого хIажатаб тадбир. ГIадада гуре-лъулха дица Дагъистаналде бищун согIав генерал витIарав нужер тIадчагIазда чангит базе. Эбелал чиновникал туснахъ гьаридал, танкун, тамахлъун, сасун ана гIисинал хIакимзабиги. Лъалеб куцалда камиллъана, лъикIлъана халкъалъул яшавги. Жакъа балагье киса-кирго гIумруялде рахъинарулел ругел берцинал проектазухъ – «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — комфортная городская среда», «Мой Дагестан — мои дороги»! Дубаялде сверизе буго цо чанго соналдасан Дагъистан!
— Тохта, Володя, тохта! Кинаб Дубай, дуца бицунеб щиб?
Дур вода щай халкъалъе еда гьечIони? 10 азарго цIулал гъурщиде щиб комфорт букIинеб шагьараздани щиб гурин, магIарухъ колодацин? Кида харжал цIикIкIинел гIадатиял хIалтIухъабазул?
— Гьале гIажаибго жагьилав журналист.
Дица гIададайищ чвархъан гIодоб лъураб, гIумруялъ хьолбохъ вукIарав, некIсияв дружок Дима Медведевасул ХIукумат?
Дица гIададайищ материнский капиталалда битIахъегояб революция гьабураб?
ЦохIо лъимер гьабуразецин гIарац кьезехъин буго гьанже хIукуматалъ. Улкаялъулго роцада борце гьеб жо-это же десятки миллиардов денег из государственной казни. Кому не лень лъимал гьаризе лъугьине руго гьанже россиянал. Россазе цо секундалъги хIалхьи тезе гьечIо гъурщаца куркьбал гъурал супругабазги. Андийский, ты вообще представляешь масштаб?!
— Бахчун щай, Вова, щуйил къимат лъуна халкъалъ дур исанасеб Посланиялъе. Цересел Посланиязда послать гьабулаан дуца сихIирго население страны, гьанжесалалъ хIакъикъаталдаги революция гIадаб жо гьабуна. ХIалчIахъаги дур! Диргогицин хиял ккана харадунив вахъун цо гIолохъанай чIужуги ячун, дур капиталалъе гIоло къасиги къадги рухIалда барахщичIого къеркьезе.
— Гьелеха! Херав дурцин хиял лъураб мехалъ, гIолохъаби чIезаризего кIвелищ нилъеда. Хасго мугIрузул Игитал! Риччанте къеркьезе — къо бухIараб халкъалъе лишний шагьи-параги щвела, Россиялъул населениеги цIвабзахъе бахина.
Полезное с приятнимин абула гьединаб жоялда Жириновскияс.
— Дур Послание нижер политикияб системаялда хъатIизе бугищ, хIурмат тIадегIанав нижер бетIер?
— Пока гьечIо. ГIабугIалиевичасе цIакъ бокьула гьадинаб калима: « Я доброволна в Дагестан не пришел и доброволна отсюда не уйду», –
йилан.
Виччанте гурун гъуждулгун хIалтIизе хIукуматалъул проектазда тIад. МугIрузул улкаялда канлъидул нур чIвазегIан. Гьеб мехалда тIад руссина нилъ Васильевасул суалалде.
— Здунов абулев чи Чувашиялъул бетIерлъун витIулев вугилан цо рекIкIал харбалги руго ахираб заманалда халкъалда гьоркьор. Гьеб жо, лъачи, лъица букIаниги ургъунго биччан тараб «утка» бугодай?
— Уткайищ, курицайищ дида лъаларо, амма дир ботIролъ пока гьединаб Указ паркъичIо. Васильевги Здуновги кутакалда рекъон ккараб тандем буго, те хIалтIизе.
— Тана, вац Володя, нужерал тана жахIалго.
Нижералгониги хисеха ле анцI-анцI соназ, цIвакизе риццатал гарбалги гьарун, министерствабаздаги парламенталдаги хIалтIила ругел.
— Масала?
— Не-не, Вова, дураков нет. Дица цIарал рехсарабго, цIам ххинабула гьез дидаги дир тухум-кьибилалдаги.
Дирго рекIее бигьалъиялъе букваби рехсезени кIолебха цо чанго чиновникасул: БМ, ХШ, ГI-РМ, АШК ва гь.ц.
— Азбука Морзе дие данде кколаро, рехсе цIар, инсул цIар, инсул инсул цIар. Иначе-готовая статья – гъибат ва бугьтан. Это тебе надо, Андийский?
— Валлагьги не нада, Володя. Я-пас! БуцIцIун чIараб кIалалъе кIал ккурабгIан кири букIунин абула нижер аксакалаз. Карочи говоря, я- могила, малчу, ничерта жо лъаларо. Лъол хIарпалги гьересиял, ургъун рахъарал жал руго.
Цо ахирисеб суалги кьелаан, нижедаго мухбирзабазда хурхараб. Бегьилищ, хIурматияв?
— Узухъа, бегьила. Хотя дида лъим гIадин лъала мухбирзабазул эбелаб суал цо букIин — бабло, кIванагIан цIикIкIун бабло!
— Вай, дур бабаги, дадаги, даим сагIат гIадин хIалтIулеб бетIерги чIахъаяв Президент! КIванагIан цIикIкIун бабло — гьеб нижее киданиги щвараб яги щвезесеб жо гуро. АнцIила щугоялдениги бахинародай минимальни харжазул къадар?
— Гьеб жо цIияв премьер Мишустинида лъала. Гьес щулияб рагIи кьолеб буго лъагIалил ахиралде МРОТ 25 азарго цIулал гъурущалде бахинабизе кIвечIони, Шамилхъалаялъул объединении налоговий инспекциялде мухъилав инспекторлъун ине вугила жив. Яги ШишиликI магIарда гIиявехьлъун вукIинила.
— Баркала, керентурад, гьадинаб камилаб хабар-кIалалъухъ. Ниж кIочараб къо къалъугеги улкаялъул эбелал хIакимзаби — дуеги Миша Мишустиниеги.
Улкаялъул КIудиясулгун хIин-къи-къай гьечIого накъит гьабуна бахьикъосазул удаман