Ячуней гIурусайги гIандисес хъамун ана…

Цебего заманалда дида цо чи вихьана Магнитка шагьаралъул Урал гIурухъ гIодов чIун ччугIа кколев. Щивдай гьав гIабдал гьадин квачараб сардилъ гьанив гIодов чIун ччугIа кколев абун ракIалде ккарав дунги «Къули» Мага абулев цо хъаранисевги рилълъана аскIоре.

Мага вахъана, гьасие саламги кьун, магIарул мацIалъ щиб- кинилан гьикъа-бакъизе.
– Я, вац Мага, хъахIилал беразул гьав чи кинав магIарулав вукIунев, цо жо квеш букIунев гIурусав ватила, те магIарул мацIги, кIалъай гIурусалъ, — илан абуна дица.
Дица гьеб абун бахъиналде гъовги гьавги данд хурхана, вацал гIадин. Цин лъикI гIодана, къвалалги ран, хадуб байбихьана хабар-кIал, квешаб-лъикIаб.
Ма, вукIун вуго ЧIарадаса магIа-рулав. Гьикъа-бакъун хадуб якъинлъана гьавги гьенив Уралалда гьобоги бан хIалтIулев чи вукIин. ЦIарги Казя бугила жиндир.
– Щай гьадин пашман вугев, щиб ккараб жо? Дов дурго гьудул ГIамирхан киве арав?-илан Магаца гьикъидал, гьав ццидахун лъугьана. Жинца ГIамирхан чIвачIого толарила. Цо кодове щвезе тейила чехькIодо! ХIалалъ гIодов вуссинавун хадуб якъинлъана ккара-тараб.
Ма, ун вуго гьасул гьудул ГIандиса ГIамирхан ячун гьасул йикIарай Елена Григорьевнагун, абурай гIаданха, гьейги Уралалдаго берцинай. Гьасул хасалил, кутакалда хириял хьиталги рикъун ун руго.
Унги вуго рикIкIадаб Крымалде.
Гьелъ вукIун вуго, тIубан дунялалдаса ракIги буссун, гьанив живго цохIо хутIун.
— ЗубайиргIаги вачIуневищ гьаниве, дурго гьудул? — ан гьикъана Магаца гьасда.
— ВачIунаан цеве, гьанже гьесдаги Элдаридаги нух къосана гьанибе, бечелъун ратила, — ян кIалъана гьав пашманго.
РегIилищ гьасда Зубайир, мехтидал гурони жиндирго дядя АдухIидецин мобилалъ кIалъаларев. 800 чуги хьихьун, гьениб фермаги рагьун вугев. 20 чу бугила гьасухъе кьун доб мехалъ вукIарав Президент МустIапа Рахимовас.
Зубайирицаги гьел рича-хисун хIурда рарал. 10 соналъ букIараб гьезул разборка, ахир рекъел ккана, гъорасан-гьанисан маслихIатчагIиги рачIун, цойиде бачана. Гьелдасан хадуб чанцIулго Зубайирги Муртазаги ратула цо къажарасул «Рекъваб хIанкъва» абулеб кафеялъусан мехтун къвалалги ран къватIире рачIунел.
— МаслихIатгIаги кин ккараб гьазул, — абун гьикъана дица цо нухалъ данде ккарав Элдарида.
Гьевги кив ватарав дова Тюменалда цо кIкIаралавгун ражи бичула, лъикIабго даран кканилан вахъана. Гьес бицана маслихIаталъе довго МутагIелум, Иман-гIали, гъовасан ГIангис, ай киналниги бищун къиматал гIакълучагIи данделъун рукIанила. Дова Таш-башалдасан ШайтIан ГIалицин вачIанила гьел рекъезаризе. ГIалица ахирги данде рачанила.
Гьелъ гьанже Зубайир гьасде регIилищ?
Гьеб кинабго ракIалдеги щун Казяде хъвараб букIана гьаб сарин.
Урал гIорухъ гIодов чIун
вуго гьабигьан Казя.
Гьабулеб жоги лъугIун,
гIумруялда ццим бахъун.
Гьабил малърал гъурана,
гъеду рохьоб къвагъана,
Ячуней гIурусайги
гIандисес хъамун ана.
Огь, биххаяб дуниял,
дие кьолареб талихI.
Тана гьаниве рехун
лъикIал «бахьикъосаца».
Гьудулзабиго гурел,
хIалихьатал ратана,
Чвантиниб жо лъугIидал,
чиго аскIове къачIо.
Гьедин гьанив вугони,
дун лъие хIажалъилев,
Ина гьанисан ихдал,
гьобоги чияй бичун.
КIудияб Россиялда
дие бакI камиларо.
Буйнахъский шагьаргIаги
буго жегиги чIаго.
ЧIужу гьений ятила —
я лъарагIай,я тумай
ГIурусай, магIарулай
дие данде кколаро.
Дир гIамал-хасиятги
«бахьикъосазе» тела,
Тавбу гьабун как бани,
кинабго битIун ккола.