Рагьараб кагъат

«ЦIар лъалареб» росулъа эротикияй бизнесменка Мама — Розахъе

 

ХIурматияй Мама-Роза!
Дица цIакъго тIадчIун, мухIканго хал гьабуна дур махщел-пишая-лъул, дуе щолел щакал гъурщазул, палхIасил, радал яхъаралдаса къаси сордо бащалъизегIан щибаб къойилаб дур деятельносталъул.
Цо кибего берги-кверги щолев бахьикъосарав дир гьалма-гъас гIинзунибе щурараб жоялда божичIого, дирго беразда бихьизелъун, дур хъулухъазде хIажатав клиент хIисабалда, духъе вачIана дун.
Дагьа-макъабго мехтараб ххвелги гьабун, дуца гьарараб гIарцул жоги духъе кьун, дуцаго витIизавун лъураб бакIалда хьибилса рехун чIана дун, щибдай гьалъул хадуб ккелаян.
ГIемер гьоркьоб мех бачIого тIадагьаб, бихьинчи азарталде вахинавулеб тайпаялъул квана-гьекъолеб жоги босун, ячIун хьибилалда рекъезабураб столалда нахъа гIодой чIана мун.
Хапараб квералъ бер къапилелде шишидасан сакIги инабун, цо-цо осто-осто граммги кIиязего тIун, «За неспокойная ночь», — ан гIурус рагIиги рехун, гIанкIуялъ мугь гIадин къулчIун тана дуца гьеб.
Гьаб цIуяб жоялъулгIанги гьунар гьечIев вукIине кканиян ракIалдеги ккун, дицаги гьединго гьабуна. Амма хIалил-мададалъ хутIана тIаде тIурабги гъоркь букIарабги столалде чIехьечIого.
— Почаще хади к нам, научу тебя уму-разуму, — ян дидаги тенкезабун, чIухIараб хъалияналда цIа рекIинабуна дуца.
ХIадурлъиялъул сеанс лъугIа-раблъунги рикIкIун, дуца диргун диалогалде байбихьана.
— Балъголъи батичIони, киса кколев мун?
— КинабгIаги балъголъи гьаниб гьечIо, дун ккола Асахъ мухъалда бугеб Махъалалъ росу бакьулъа.
— ГIумруялъул чан тIамач бегараб дур?
— Дица исана марталъул 20-абилелъ 38 хасел сверула, — ян анцIго сон тIаса бахъараб гьересияб жаваб кьуна дица.
— Хъизаналъул хIалалдасан цо-кIиго рагIи абиларищ?
— Абила, хъизанги йиго, гьелда хадуб микьго гьакIкIараб кIалги буго, дие моцIрол харж кидадай бачIинаян ралагьун чIарал.
— ВахI! Хъизанги, гьедигIанал колода лъималги ругев мун щиб цIехезе гьанив дир цIобалде вачIарав, — ан чIваркьизарун бералгун ялагьана мун дир бадие.
— Дир хъизан йиго цIорол гьаюрайгIанги цIоро-гъорорай гIадан, гьелдасан щвечIеб хинлъи гьаниб батилародайин хIалбихьулеб заман буго дир.
— Это обстоятельство меняет положение, — ян разилъун бачIана нахъойги дур гьумер.
— Давайте ближе к делу, — ян серезний видги гьабун, дуе кинаб тайпаялъул товар бокьулеб? — ан цIехана дуца.
— Кина-кинаб дур гьаниб букIунеб? – илан суалалъе суал кьуна дицаги.
— Дир гьаниб букIуна: беревно тайпа, торт тайпа, с опитом – без опита. ХIасил – 9-10 батIияб ассортимент. Жанир цIурал – хIалакъккарал, с ростом – без роста, баландинкабигун брюнеткаби, — ян кIиябго квералда анцIабго килищ сукIун лъугIана дур, гьел рикIкIунаго.
Дие яче дудаго лъикI йихьарай ясилан, гIемерго хIалакараб ххвел гьабуна дицаги.
ЛъикI буго, гьедин гьабилаян диргун диалог лъугIараблъиги бичIчIизабун, нахъе ана мун дун жанив тIамураб къоринисан.
Мун аралдаса нахъе гIонкIкIол картIихъ кето гIадин нуцIихъ бералги лъун, таманаб мех бана дица. ХIалакун кIетIолеб букIана каранда ракI. Щибаб секунд сагIтиде сверун бихьарав дие, гIагарлъулеб букIана развязкаялъул заман.
Гьале цинтIаго, рагьун нуцIагун, ячIун жанисан ратIлилъ рукъ бакьулъ эхетана битIахъе хIурулгIин гIадай берцинай яс. Гьурщун риччан тарал ботIрол расаз бащдаб лага бахчун бугоан гьелъул, гьурмада цо дагьаб намуслъиялъул гIаламат – багIарлъиги бугоан.
Хьибил чIван вукIарав дун, дидаго лъачIого, вахъун ккун ватана, лъачIого гьакIкIан ун батана кIалги.

(Хадусеб букIине бегьула балагьила)