Гьев даим вукIина росулъа васлъун

«БатIияв вукIине изну бу­кIин­чIо» абураб ПатIимат Гьи­тIи­новалъул ОАО «Концерн КЭМЗалъул» генералияв директор Ибрагьим АхIматIовасул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация букIана араб анкьалда Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда.

ТIехьалъул бицине данделъун рукIана магIарулазул интеллигенциялъул вакилзаби, гIадатиял гIадамал, АхIматIовасул ракьцоял.
Тадбир нухда бачана авар басмабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамадрасул ГIумаровас. Гьес къокъго бицана тIехьалъул авторалъул ва гьелъул аслияв героясул хIакъалъулъ.
Ибрагьим АхIматIовасул захI­маталъул нух ракIалде ­щве­забуна Дагъистаналъул хIуку­маталъул вице-премьерлъун хIал­тIулев вукIарав Набиюла МухIамадовас.
— Абизе бегьула гьаб тIехь кколин гIуцIарухъан-захIматчиясул бажари бугев нухмалъулесул хIа­къалъулъ хъвараб тIо­це­бесеб тIе­хьилан. Гьелдаса, гьединав гIу­цIа­рухъан магIарул миллаталъу­л вакил вукIиналдаса рохизе ва чIу­хIизе ккола нилъ­ги, магIару­лал, — илан абуна гьес.
Дандеруссиналда кIалъарал Ма­гIарул миллияб автономиялъу­л нухма­лъулев МухIамад МухIама­довас, «Дагъистан» журналалъул бе­тIе­рав редактор МухIамад Би­сав­гIалиевас, Дагъистана­лъул халкъияв шагIир МухIа­мад ХIамзаевас ва цогидаз тIа­дегIанаб къимат кьуна тIехьалъе ва гьелъул аслияв герой Ибрагьим АхIматIовасул кIудияб ишалъе.
Гьенибго П. ГьитIиновалъе райо­налъул нухмалъулезул ра­хъалдаса Баркалаялъул кагъатги кьун баркиялъул калам гьабуна Шамил районалъул бетIерасул заместитель МахIач МахIачевас.
Гьеб горсвери жеги бечед гьа­буна Дагъистаналъул халкъиял артистал ХирамухIамад Хи­рамухIамадовасул, Хадижат Жа­малудиновалъул ва Абакар ГIу­мар­хIа­жиевасул церерахъиназ. 

Шамай Хъазанбиева

Ахирал соназда магIарул ада­бияталда ккарал лъугьа-ба­хъиназда гьоркьоб аслиязул цояблъун лъугьанин абизе бегьула Расул ХIамзатовасул цIа­ралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIараб, дагьаб цебе къватIибе бачIараб ПатIимат Гьи­тIиновалъул «БатIияв ву­кIи­не изну букIинчIо» абураб тIехьалъул цебелъей. Данделъи ана кутакалда берцинго. ТалихIалъ, гьенир ру­кIинчIо халатал ва чIамучIал кIа­лъаял, хIажат гьечIеб лъамияб рецц-бакъ. Хадубккун гье­динал тадбирал тIоритIулез гьеб хIисабалде босани лъикI букIинаан.
Цереккун къватIире рачIарал гьадинаб тайпаялъул тIахьазде дандеккун, гьаб асаралъул руго цIализе байбихьаралдасаго це­ре рехун рачIунел жиндирго хаслъаби. П. ГьитIиновалъухъа цIакъ махщалида бажарун бу­го, магIарул миллаталъул чIу­хIилъун жакъа вугев, Ибрагьим АхIматIовасул гIумруялъул хIа­къалъулъ рекIелъе бортуледухъ хъвазе. Дица рикIкIуна гьеб бугин ЦIияб соналъ магIарулазе щвараб унго-унгояб сайгъа­тилан! Баркала, ПатIимат, баркала, Ибра­гьим!
Ахиралдаги бокьун буго Ма­гIарул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Му­хIамад МухIамадовасда гьаризе, «БатIияв вукIине изну букIинчIо» абураб тIехь Дагъистаналъул Пачали­хъияб премиялъе бихьизабизе хIисабалде босеян! РакIчIун аби­зе кIола — гьеб гьелъие мус­та­хIикъаб буго!

Расулулагь ХIажиев

ТIехь цIаларабго бичIчIана ди­да, гьеб цохIо, «квер квала­ралъуб ва хIетIе чIаралъуб лъикI­лъи бекьулев» унго-унго­яв инсан, инсул дарсал кIоченчIев магIарулав, Ибра­гьим АхIматIовасул хIа­къа­лъулъ хъвараб тIехь гуреблъи. Гьесул гIумруялъул мисалалда ПатIиматица бихьизабун бу­го кинаб заманги, кинал гIа­дамалги, кинаб гIумруги бу­кIараб нилъер умумузул ва гьезул дарсал росизе лъани кинаб борхалъиялде вахине бегьулев росдал гIадатияв васали.
««Щиб дуца гIумруялда жа­ниб дурго ракьалъе гьабураб?» — ин суал бачIине буго цо­щинаб къоялъ. Гьелъие жаваб кьезе кколе­лъул. «Нилъе­р щивасул кодоб буго умумузул ракь чIунтизабиялъул яги гьеб чIухIизабиялъул кверщел», — ин абула дица васазда, росулъ щиб-щибниги ишалъе кьучI лъолаго, гьеб гIуцIулаго. Ни­жер эмен вукIана хъиза­нал­да жанибги, хъулухъ тIу­ба­забулаго жамагIаталда цевеги щибго тIекъаб, хIалихьатаб гIамал гьабичIев чи. Дир изну букIинчIо жакъа вугелдаса батIиявлъун, росдаде мугъ рехарав тохав чилъун вукIине» — гьал гурищ жакъа нилъее къваригIун ругел дарсал? Умумузул ракьги рехун тани, росабиги чIунтизе тани, рахьдал мацIги кIочене тани, «щиб дуца гIумруялда жаниб дурго ракьалъе гьабураб», — илан суал бачIараб къоялъ, кинаб жаваб нилъеца ва нилъер лъималаз кьезе бугеб?
ГIодобе биччан чвахулеб лъарал чили гIадаб магIа­рул мацIалъ гIадада гуро Па­тIи­ма­тица гьаб тIехь хъвараб. Гье­лъие бокьун буго, тIоцере ма­гIа­рулал чIухIизе магIарул чи­ясдаса, кIиабилеб — нилъер гIун бачIунеб гIелалъе гьев мисал­лъун вукIине. Дида ракIалде кко­ла гьаб «БатIияв вукIине изну букIинчIо» абураб тIехь цин щивав мугIалимас цIализе кколин ва цIалдохъабазда цебе лъезе кколин. Авар мацIалъул мугIалимзабазул цолъиялъ хIа­ракат бахъизе буго гьаб тIе­хьа­лъул пикру гIун бачIунеб гIе­лалъухъе щвезабизе.
«БукIинеселъул «жавабчилъи тIаде кколеб цIияб гIел дидасаго рухIияб рахъалъ бечедаб, гIамалалъул рахъалъ къвакIараб ва гIакълу-лъаялъул рахъалъ бегIераб букIине бокьун буго дие», — йилан абулеб буго Ибрагьимица. ТIехьалда жаниб чанги гIолиласда ратила жидер суалазе жавабал, кантIизариял.

Баху МухIидинова