Кутузги кумек гьабуна

27 январалда 70 сон тIубана фашистазул аскаралъ сверун ккураб Ленинград эркен гьабуралдаса. Гье­лъул хIурматалда МахIачхъалаялъул №5 лицеялда тIобитIана «Блокадаялъулаб Ленинград» абураб ракIалдещвеялъул тадбир.

Ракъи-къечалъулгун квачалъул зулму хIехьараб бахIарчияб шагьаралъул тарих берцинго рагьана тадбиралда гIахьаллъарал лицеялъул цIалдохъабаз. РакI бахиллъана гьезул пагьмуялда, бицунелда гъорлъе раккизеги доб заманалъул захIмалъи рекIелъе биччазеги бугеб бажариялда. Гьадинал цIалдохъаби рукIаго, ватIаналде рокьи куцаялъул иш жагъаллъизе гьечIин абураб пикру ккана.
ЦIалдохъабаз ракIалдещвезару­на 900 къоялъ ленинградалъулаз хIехьарал ракIунтарал лъугьа-ба­хъинал. Гьелъул мурадалда лъималаз хIалтIизаруна хроникиял фильмаздаса бутIабиги, дунялалдаго машгьурлъараб ва Нюрнбергалъул процессалда нугIлъун хIалтIизабураб Таня Савичевалъул дневникги, блокадаялъулаб чадил кесекги гьелда хадур эхетарал гIадамазул читIиралги. «Ленинградалда лъугьун букIана ракI унтизабулеб сихIкъотIи. РагIулеб букIинчIо хIанчIазул сас, кутузул мимиди, гьабзазул хIапи. Гьел киналго кванан лъугIун рукIана. Ккана инсанасул гьан квиналъул хIужабигицин. Шагьаралда рагIулеб букIана гIицIго метрономалъул кIутIи. Гьелъ бицунаан бомбабазул хIинкъи байбихьиги – гьебмехалда метрономалъул кIутIи хехлъулаан ва хIинкъигьечIолъиги – гьединаб заманалда метрономалъул букIунаан цокIалаб кIутIи», — ян бицунеб буго видеорядалда. Ва залалда рагIизабулеб буго метрономалъул кьаби…
ЦIалдохъабаз бицана Ленинградалъул лъималазул хIакъалъулъ. КигIан загIиплъаниги, ракъуца холел ругониги, гьел киданиги зигардулароан. Гьезухъа бажарулаан, бугеб къуватги бакIарун, чIахIиязе хIалае рахъине. Эбел-эмен хIалтIуда ругеб мехалда рукъалъул тIалабги гьабуна гьез, кванил карточкабигун иргаялдаги эхетана гьел… ГIадатияб жо­лъун лъугьана лъималазе инсанасул хвелгицин.
Тадбиралда ракIалдещвезаруна Ленинградалда букIараб Рекьулел хьоназул гIелмияб института­лъул гIалимзабиги. Сверухъ киналго гIадин, ракъуца холел ругониги, институталъул хIалтIухъабазул цонигиясда ракIалде ккечIо жидеца цIунун ругел ролъулги, пурчIинадулги, цIоросаролъилги, картошкадулги ва цогидалги нигIматазул хьоназул цогIаги мугь кIалдиб лъезе. Гьел киналго ракъун хвана, амма гьез цIунана бергьенлъиялдаса хадуб халкъияб магIишаталъе кIвар цIикIкIараб бечелъи – хьонал.
Блокадаялъул заманалда Ленинградалда гIумру гьабулел рукIарал яцал Галина ва Ирина Сухомлинскияз цIалдохъабазе бицана жидеда бихьараб гIакъубаялъул хIакъалъулъ. «Гьале дихъ кодоб буго блокадаялъулаб чадил кесек. Гьеб гьабуна дол соназда чед буцулеб букIараб къагIидаги цIунун ва битIун бачIана нижее РакIалдещвеялъул фондалъ. Чадида­гъорлъ жубалаан семечкадул хутIел, хъарщи хъухъан лъугьараб хIур ва цогидал жал. Гьелъ чехь цIезабулаан, амма гьелъул букIунароан чорхое кинабгIаги пайда. ХIакъикъаталдаги шагьаралда хутIун букIинчIо цониги кету, цониги хIинчI. Кинабго кваналаан дол соназда. Кутул тIагIинарураб мехалда, шагьаралъулазе кIудияб хIинкъилъун лъугьана гIункIкIал. Гьел эркенго хьвадулаан, кьижараб мехалда гьез кваналаан загIиплъарал гIадамал. Ладогаялдасан «ГIумруялъул нух» рагьарабго, батIияб бакIалдаса кутул щвезаруна Ленинградалде ва гьез ракIбацIцIадго тIубазабуна жидеда тIадкъараб иш. Гьединлъидал кутузе памятникги бана рагъдаса хадусел соназда гьениб», — ан бицана Галина Сухомлинскиялъ.
Тадбиралъул гIахьалчагIазул хIаракаталъе лъикIаб къимат кьуна гьенире рачIарал гьалбадерицаги: МахIачхъалаялъул Херазул советалъул председатель ГIумар Беговас, ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Терроризмалде дандечIеялъул комитеталъул экспертияб советалъул председателасул заместитель ХIажи Малучиевас, «Дагъистан» ГТРКя­лъул директорасул заместитель, республикаялъул ТОКСалъул штабалъул начальник Салам Хавчаевас, Шамил имамасул цIаралда бугеб фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевас ва цогидазги.
Советияб улкаялъул щивав чияс, жиндихъа бажарухъе, гIагарлъизабуна КIудияб Бергьенлъи. Гьеб букIана тадбиралъул аслияб пикру. Жакъасеб гIелалдаса рикIкIалъулел руго дол соназул балагьал лъугьа-бахъиналги, бахIарчиял гIадамазул къисматалги. Гьебин абуни, дир пикруялда рекъон, хутIизе ккола даимаб ва кIочене бегьулареб тарихлъун. Ахираб заманалда дунялалъул батIи-батIиял улкабаз хIаракат бахъулеб буго гьеб тарих цIидасан хъвазе – хIужабиги хисизарун, лъугьа-бахъиназул хIакъикъияб сипат-суратги гIаксалда бихьизабун. Гьедин бугеб заманалда лъикIаб букIинаан МахIачхъалаялъул №5 лицеялъул цIалдохъабаз хIадурараб композиция республикаялъул щибаб школалда, колледжалда ва вузалдагицин бихьизабуни.