Ахираб заманалда гIемерлъулел руго минабахъ цIаккеялъул хIужаби. Аслияб къагIидаялда гьелъие гIиллалъунги ккола, токалъул ва газалъул алатал хIалтIизарулаго, гIадамазул кIвар гьечIолъи. Нагагьлъун рокъоб жаниб газалъул махI чIвалеб бугони, нилъеда киназдаго лъазе ккола чирахъ бакизе бегьулареблъи, нагагь бакун бугони, свинабизеги бегьулареблъи. Хех гьабун къазе ккола газ трубабахъе бачIине хIалтIизабулеб кран, рагьизе ккола гордал-нуцIби. Гьединал хIужаби ккани, ай...

