Рахьдал мацIалъе ва маданияталъе сайгъат гьабураб тадбир тIобитIана талат къоялда Хасавюрт шагьаралъул №5 школалда. Гьенир гIахьаллъизе рачIун рукIана шагьаралъул администрация-лъулги, школазулги, районалъул росабазул школазулги вакилзаби. Дагъистаналъул мацIазул в маданияталъул кIудияб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гьалбадерида рагIана магIарул ва лъарагI мацIазда ахIулел, рикIкIунел кучIдулги, рихьизаруна миллиял кьурдабиги, театралиял церерахъиналги. МагIарул мацIалда цIалдо-хъабаз бихьизабуна Шамил МухIидиновасул басняялдаса...

