Исана 20-абилеб марталда СалтIаса Аминатица тIубала 100 сон. 1939 соналда ана гьей ригьнаде, росуцояв ГIабдулхIамидие.Гьезие гьабуна щуго лъимерги.
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьидал, ватIан цIунизе ана ГIабдулхIамидги. Моздокалда ккарал рагъазулъ лъукъарав гьев ватIаналде тIадвуссана. ХалтIана школалда учительлъунги, советалъул секретарьлъунги, колхозалъул бухгалтерлъунги.
— Рецц Аллагьасе, рос чIаго-гIатIго тIад вуссана рагъдаса, лъималазе щвана лъай, гьезул буго жидерго хъизан-рукъ. Дир руго 12 лъималазул лъимал, гьезулги – анцIго лъимер, гьезулги – 5 лъимерги. ТIокIабги щибха къваригIинеб чIужугIадана-лъе, талихIайлъун йикIине ккани, — ян абула Аминатица.
РакI-ракIалъ гьарула гьеб талихIаб хъизамалъул гъасда цIа цIунун йигей дахIабаба Аминатие сахлъиги сахаватлъиги, гьелъул лъималазе — талихIаб гIумру, хIалтIулъ – икъбал.