Умумузул калам,гьечIо дуе хвел…

Рахьдал мацIалъе ва маданияталъе сайгъат гьабураб тадбир тIобитIана талат къоялда Хасавюрт шагьаралъул №5 школалда. Гьенир гIахьаллъизе рачIун рукIана шагьаралъул администрация-лъулги, школазулги, районалъул росабазул школазулги вакилзаби.
Дагъистаналъул мацIазул в маданияталъул кIудияб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гьалбадерида рагIана магIарул ва лъарагI мацIазда ахIулел, рикIкIунел кучIдулги, рихьизаруна миллиял кьурдабиги, театралиял церерахъиналги.
МагIарул мацIалда цIалдо-хъабаз бихьизабуна Шамил МухIидиновасул басняялдаса хIадур гьабураб «Гъудулги маккалги» абураб спектакль. ЛъарагI мацIалда бихьизабуна лъимер кинида лъолеб ва гьелъие цIар кьолеб гIадат.
Гьединго ракIалдещвезаруна КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзалги. Берлиналда Бергьенлъиялъул байрахъ чIварав ГIабдулхIаким ИсмагIиловасе сайгъат гьабураб кечI ахIулелъул, цере рачIунел рукIана рагъул суратал.
Гьадинал тадбиралдаса хадуб божизе бачIунеб гьечIо нилъер ирсилал мацIги цIарги гьечIого хутIилилан абураб жоялдаги. ГIемермиллатазулаб Хасавюрталъул школазда рахьдал мацIазде кьолеб кIвар тIадегIанаб даражаялда букIин бихьизабуна 5-абилеб школалъул учительзабазул ва цIалдохъабазул коллективаз. Хас гьабун гьанир цIарал рехсезе мустахIикъал руго школалъул директор Ханика Мусаева, Аслипат МухIамадова, цIалул рахъалъ директоралъул заместитель Аминат Салимова, Роза Сутиева, Пийма Абакарова, Бэла Танбиева ва цогидалги.
Байрамалда гIахьаллъана Да-гъистаналъул мустахIикъал артистал Шамил Ханакаевги ЛатIип Шариповги.