Дунялалдаго 4,5 миллиард чияс хIалтIизабулеб буго Интернет. МугIрул росабалъцин гьеб камураб рукъ къанагIат батила. Интернеталда гьава-бакъ цIехола сапаралъ рахъиналде, хур-хералъул хIалтIи байбихьилалде яги цогидал ишазде лъугьиналде. Росулъ кканщинаб къварилъи-гIатIилъи бащдаб сагIаталда жаниб дунялалъулго бокьараб бакIалда ругел киналго росуцоязда лъан батула. Цебе тIубараб къоялъ базаралдаги хьвадун балагьулеб букIараб ретIел-тIагIелгицин рокъоса къватIире рахъинчIого Интернеталдаса босизе рес буго....

