Инагурация

Аваданав, пагьму – гьунар кутакав, киналго гIадамалгун гIамал рекъон вукIине бажарулев чи вуго Дагъистаналъул Гостелерадиокомитеталъул кочIохъан, ЦIумада районалъул КIванада росулъа МухIамад МухIамадов.
Гьанив дица веццичIониги гIемеразда лъалев, лъикIав магIарулав ккола гьев. 
Гьесие кьураб кIалзул ва кечI гьабизе бугеб гьунаралъул гьаб гьитIинаб бутIа «Бахьикъосалъе» рекъелилан ракIалдеги ккун, дица видеоялдаса росун хъвана гьал куплетал. 
КечI МухIамадица хъван буго рищиязул букIунеб гIаммаб ахIвал – хIалалъул «хIохьлада» ва гьелъулъ буго хIакъикъияб махсароги. 
Инагурация – хъатгурация,
Цере рахъанщиназ реццгурация,
Хъулухъ, хъулухъ, хъулухъ – тIадгурация,
Гъоркь ругел къосине сихIгурация.
Рищиял, ящикал, гьал бюллетенал,
Цингиги гьаркьазул махгурация… 
Гьазие шагьаби, дозие шушби.
Демократиялъул опробация.
 
Бергьаразул къотIноб рохгурация,
Воре къачIай тахбакI, башгурация,
Къуразул пашманлъи – гIодгурация,
Хъулухъ гIодоб лъолеб пашмурация.
 
Цинги банкет, концерт, зурма- къолол хъуй,
КIкIалабахъ багъулеб кьвагьгурация,
Кьуна вацал талихI щвана хIакимлъи,
Бюджеталъул гIарцул бохгурация…
 
Инагурация, хъатгурация,
Цере рахъанщиназ реццгурация,
Киналго тIаделъун вищгурация
Цинги халкъалъ гъванща хъарсгурация.