ЦIалдолесул арза

 
      Ниж какули ру…
АваргIор къиналъул хIинкъиги бихьун
«ХIакъикъаталдехун» чучун вукIана,
Чанго мисал рехсон гьеб балагьалъул
Басмаялъе гIатIид бицун букIана
Гьанже цIалдолевлъун кIалъалев вуго
КIвараб арза бахъун Умаханиде
Хабаралъе добго ургъелги буго,
Аваразе – гIамаб, дийги гIахьалаб
Макъала къачIарал хIалчIахъадаца
ХIал гьабун батана гьелда саламат,
Суннатални лъикIго лъалел жал руго
Жо нахъе тунгутIи буго гIаламат…
КъаралгIурул бицун, Каммуналде щун
Щула гьабураб дир пикруги гьечIо
Гьаб жакъа лъугьараб ахIвал – хIалалъул
ХIисаб гьабизе гьелъ тIамулел гьечIо
Гьадинги къокълъараб макъалаялъул 
Мухъал хвезарурав зулмучи щивдай,
Кодобе босидал бисмилагьалъул,
Калам гьабичIого хутIараб киндай?