Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса 31 сон тIубаялъул хIурматалда тадбир тIобитIана Гъизилюрт шагьаралъул администрациялдаги. Гъизилюрталъул Херазул советалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаевас ракIалде щвезаруна шагьаралъул №7 школалда жиндаго цере цIалулел рукIарал ва хадур Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго чIварал ХIасрат ХIасратовги Александр Шапошниковги. Гъизилюрталдаса кинавниги 11 гIолохъанчи чIван вуго Афгъанистаналда. Гьезул цIарал хъван руго Гъизилюрталъул «Афгъаналъулазул ахикь» бугеб...

