БоцIухъабазда гьоркьор харбал

 
(Пермаялдаса пирямой репортаж)
Пермаялда аскIосан чвахулеб лъарал рагIалда лъим гьекъезе колхозалъул гIакаги къотIун, хинаб бакъукь тамахал харил тангаздаги кIусун, одих гьабулел рукIана БагIараб Байрахъ щвараб росдал пермачагIи – дояркаби, пастухал, лабаранткаби, асеменителал, кормачал, ачетчикал ва контролерал.
Рагъулал васпаминаниязул бицине жувана старый поронтовик, пастух Хъайтмаз.
— Нилъер НахIил ридигIанги гIемер патиран букIана гъоб мехалда хIукуматалъул, — ан ракIалде щвезабуна гьес. — Бакъанида кьвагьарал патирабазул гохI аскIоб батичIони, рагъулаан командирзаби. немцал рихьаниги рихьичIониги, доб рахъалдехун балагьизабун, кьвагьизе тIамулаан.
— А гьанже рагъде рахъарал апалченцазе щайха патираби щу-щу гурони кьечIел? – ан цIехана гIолохъанав пастух Хъиличица.
— Нилъеде тIаде кIанцIарал хъачагъал немцалгIан гIемер рукIинчIоха ле, — ян жаваб кьуна асеминителазул анкьил курсал лъугIизарун вачIарав Хъараца.
— ЦIаларав чиясул жаваб кьучIаб букIуна, — ян гьесда тIад рекъана Хъайтмаз.
Киналго разиго ралагьана гIолохъанав асеминителасухъ. Гьев багIарлъана.
Хъиличида бакIлъараб гIадин лъугьана киналго Хъараде руссин.
— А дир цойги суал буго, – ян абуна гьес киназдаго рагIиледухъ. Нилъеца риччантаралани гьадал хъачагъал, битIахъе МахIачхъалаялде унаан хIукумат хисизе. Гьебго хIукумат хисизе цебего заман щун бугилан абулел чагIи дандеги рахъун, хъачагъалги нахъ чIвана.
КIиябго рахъалъ чIварал-лъукъаралги ккана. ХIукуматалда патеряби ккечIо. Гьеб кин бичIчIилеб?
Киналго Хъарахъ ралагьана. Гьев вуц1цIун чIун вукIана. Бихьулеб букIана асеминителазул курсазда щвараб лъай жизниялъ цере лъурал суалазе жаваб кьезе гIей гьечIеб букIин.
«Гьениб цо тайный секрет яги даже цо кинаб букIаниги балъголъи батула», — ян глубакамысленна пикру гьабуна гьес.
ТалихIалъ гьеб параялъ лъарахъа гIака тIад буссана.ТIолалго гьелъие хъулухъ гьабизе рортана.
Хъараца хIукму гьабуна тIасиялъ зооветеринаразул курсазде цIализе ине. 
Жизни диктует новие теребования.