Новость на родном

«Ячун чIужу тана, гьавун вас тана»

ЦIибараб мина, гIолохъанай лъади ПатIимат, дадайин абизе гIечIев вас МухIамад — миллионал цогидазулго гIадин, лъукъана рагъалъ цоги гIолохъанаб хъизаналъул талихI.   1940 соналда армиялде ана, гьенисаги рагъде витIана Шамил районалъул ГIасаб росулъа Хизри ГьитIинамухIамадов. ЛъагIел сверилалде тIаде швана чIегIербараб ругьел. Рагъдаса вуссинчIев росасул цIаруе хилиплъичIого гIезавуна ПатIиматица вас. ЧIахI кванан рухI хвасарлъарал улбузул лъимал хехго...

Новость на родном

ЧIахIил чурпаялде хъат ханждалги бан

«…Такъия къотIулеб къвакIчар­мил хвалченКъотIарабищ бетIер гирманиясул. Кьалул майданалда дуде хIал ккани,ХIалае ячIине дун хIадур йиго. Вай, чIегIераб сардилъ щолеб шагьримоцI,ЧIалгIун йигин абе дун Гъобзаласда.Дунги йигин абе дир гьудуласдаКIазил рагIалалда магIил хIорги чIун…» Рагъ байбихьараб заманалда кIиго лъагIелцин букIинчIо гьал кочIол мухъазулъ рехсолев Ма­чIа­даса Гъобзаласул яс Па­тIи­матил. Ин­сул сипат ясалъул рекIелъ ху­тIи­чIо, гьев рагъда къанщана. Па­тIи­матил...

Новость на родном

«ХутIичIо бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб»

Жакъа къварилъиялъ къвал бан бугони, метерисеб къоялъ гIатIилъи бачIуна. Рохелалъ хисула пашманлъи. Жакъа дица гара-чIвари гьабулев чиясги нахъа тана батIи-батIияб кьералъул гIумру. Гьал къояздайин абуни гьес тIубала 70 сон. Щивха кколев гьев, Муса Азаев?   Кинабго букIана Мусал гIумруялъулъ. Сонгицин – халкъазда гьоркьосеб ГIали ГIалиевасул тIоцебесеб гугариялъул рахъалъ турниралда, 57 килограмм цIайиялда, тIоцевесев чемпион вахъанин...

Новость на родном

Конституция Къуръанги гурелъул…

ТIадегIанав Аллагьасул цIар — улкаялъул документалда. Нилъер республикаялъул муфтияталъ рахъккуна РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьарулаго гьенибе Аллагьасул цIарги босизе ккелилан цебеккунго патриарх Кириллица загьир гьабураб пикруялъул. Киналго халкъал гIагар гьариялъе сабаблъун ккелин гьебилан абуна муфти АхIмадхIажи-афандияс.«Улкаялъул бищун аслияб закон хIисабалда, Конституциялъ жа­нире рачине ккола гIадамазул ру­хIияб напсалъул хаслъабиги. Щивав чиясул дин батIияб букIаниги, БетIергьан нилъер цохIо...

Новость на родном

«Контракт бокьиларищ, дун вачинарищ?»

Жакъасеб Россиялъул армиялъе хIажат ругин тIадегIанаб лъаялъул гIолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачIун рукIарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.   Армиялде гIолохъаби ахIулеб бу­тIаялъул нухмалъулесул замес­титель, подполковник ХIусен ГIу­мархIажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолохъаби тIаса рищиялъул хIалтIи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихIат гьабуна студентазе гьениб.Диплом щвараб гIоларин, гьанже ватIаналда цебе тIадаб хъулухъ тIубазеги хIадур рукIине...

Новость на родном

Хурухъабигун гIияхъабазул къварилъи ва «гIатIилъи»

Цого жо цIалкIулел хIакимзабиги, анкьго гIетIги тIун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги. 4 марталда МахIачхъалаялда данделъун рукIана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гIахьалчагIи. Гьединго гьениве вачIун вукIана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батIияб суал борхана гьениб ва бищунго кIвар буссинабизе гIадал жакъасеб номералда кьолел руго.  Дагьаб цебегIан Москваялда тIобитIараб ТIолгороссиялъул фермеразул съездалъул...

Новость на родном

«Хунзахъа ХIажимурад». ТIадвуссин

Жиндир цIаралда сверухъ жеги дагIба лъугIичIев Кавказалъул ра­гъул бахIарчи, Хунзахъа ХIажимурадил хIакъалъулъ нилъеда лъалаан гIицIго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цIунун хутIараб магIарулазул халкъияб щуго кочIодасанги.  Гьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гIелмабазул кандидат ПатIимат ТахIнаевалъ къватIибе биччараб «Хунзахъа ХIажимурад» абураб тIе­хьал­далъунги. Гьей гьелда тIад хIалтIана ункъо соналъ.   ТIехь хъвазе ккана Толстоясе гIоло   ХIажимурадил хIакъалъулъ...

Новость на родном

Къо ккедал — бахIарчиял, хIал ккедал — бихьинчиял…

Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурма­тиял руччаби!    Нуж мустахIикъал руго ракьалда ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гье­чIониги. Нуж руго, калам хIа­ли­малги, хIалкIолъи бугелги, тIегьлъун кенчIолелги, заз­­лъун хIенчолелги, канлъи би­кьулелги, ханлъи бекьу­лел­ги, рокьуе мукIуралги, гIан­чIал ракIазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал бахIарчиял, хIал ккедал бихьинчиял, бухIа­раб цIорозабизе, цIорораб бухIи­забизе...

Новость на родном

ГIалимзаби-бусурбаби

    Физика  Ал-Хазинил хIакъалъулъ нилъеда гIемераб жо лъаларо. ХI-ХII гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав гьес хъвараб «Мизанул ХIикмат» абураб тIехь цIакъго машгьураблъун рикIкIуна. Гьесухъа бажарун буго гIемерал веществабазул бакIлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакIлъи борцун букIинчIо. Гьесго борцун букIана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи.  Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакIарун букIин ва гьелъул ядро...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда – 300 магIаруласул цIар

Машгьурал гIадамал   Магаева ПатIимат(1949) Магаева ПатIимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан.Гьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магIарул театралъе кьучI лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахIикъав артист Магаев ГIабдурахIманил хъизамалда.ПатIимат ккола машгьурай кочIохъан. Гьелъ ахIула магIарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучIдул.Бищунго лъикIазул цояллъун рикIкIуна гьелъ ахIулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат...