Новость на родном

Кагътилалъул бакIалда электроннияб

2020 соналъул 1 январалдаса хадуб къуваталде лъугьана РФялъул президент Владимир Путиница гъулбасараб, электронниял захIматалъул книжкабазул хIакъалъулъ закон. Гьелда рекъон, 2020 соналъул 31 декабралдаса хадуб, тIоцеве хIалтIуде лъугьунев чиясул хIалтIул баянал хъвазе руго электроннияб къагIидаялда. ГьабсагIаталда нилъеца хIалтIизабулеб тайпаялъул книжка гьесие рагьуларо. ХутIарал хIалтIухъабазул ихтияр буго захIматалъул книжка бугеб хIалалда хадубккунги хIалтIизабизе ялъуни электроннияб къагIида тIаса...

Новость на родном

Коронавирусги къезабун бажарула

Республикаялъул рахунел унтабазул централъул БОКС-отде­ле­ниялъул заведующая, тохтур-инфекционист ТIайгибат Хазамова данд­чIвана регионалиял СМИязул журналисталгун. Гьелъ бицана ко­ронавирусалдаса цIуниялъе Дагъистаналда гьарулел ругел тадбира­зул хIакъалъулъ.   ТI. Хазамовалъ рехсана дунялалда тIадго коронавирусалъ унтаразул баяналгун хIужаби. — Унтун вуго 93088 чи, хун вуго 3203 чи, сахгьавун вуго 50686 чи. Жакъа къоялде я Россиялда, я Дагъистаналда гьеб тайпаялъул гриппалъ унтиялъул...

Новость на родном

ЦIалиялъул кьибил — кьогIаб

Школаздаги тIадегIанал цIалул идарабаздаги лъимал цIалулел гье­чIин, гIемерисеб мехалда гьел телефоназде тIаде къулун рукIунин гIарз букIуна учительзабазулгун пре­подавательзабазул. Цо-цо гIо­ли­лазулгун гара-чIвари гьабидалги бихьулеб буго гьезие хIажатаб жо диплом щвей букIин. Амма, та­лихIалъ, гьединал гIолилал гIемер гьечIо. ЦIикIкIарасеб къадаралъу­л мурад буго лъай боси ва гьелда ре­къа­раб махщел щвей. Масала, гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни...

Новость на родном

ХIалтIулъ батана талихI

Гьал къоязда 80 сон тIубала Шамил районалъул МачIада росдал школалъул учитель, ДРялъул мустахIикъав учитель, ДАССРалъул лъай кьеялъул отличник МухIамад Хираевас.   Ругъелда росдал анкьгосонилаб школаги лъугIизабун, МухIамад ана Буйнакскиялъул педучилищеялде цIализе. 1960 соналда, училищеги лъугIизабун, МухIамад хIалтIана ЦIумада районалда. 1970 соналда вачана ЦIекIоб росдал школалде хIалтIизе ва гьенисаги МачIада росдал школалде. Хираевасда бичIчIана, тIадегIанаб лъай...

Новость на родном

Суалал-жавабал

МахIачхъала шагьаралъул Батирайил къва­тIалъул №39/18 адресалда гIумру гьабун вугев С. Шамсудиновас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «АнцIго сон буго коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьезе дун хьвадулев вугелдаса. Гьебго къваригIелалъ МФЦялде рачIуна 70-90 сон барал харабиги. Киназулго буго цо суал: «Газалъул ва токалъул счетчиказул бихьизабиязда рекъон щибаб моцIалъ нижеца гIарац кьола. Киса росунха токалъул ва газалъул...

Новость на родном

Рохьил ахалъуда ватана Къурбан

22 февралалда ЧIарада районалъул Гьилиб росулъ вилана лъабго сон барав вас. КватIичIого васасул эбелалъ ахIи бана районалъул полициялъул отделалде. Вас валагьизе журана гIемерал чагIи – районалъул СЧСалъу­л ва Да­­гъистаналъул МЧСалъу­л хIал­тIу­хъаби, ЧIарада, Болъихъ, Лаваша РОВДязул кинологал, хIалтIухъаби, районалъул росабазул гIадамал, «Лиза Алерт» хвасарлъиялъул отрядалъул волонтёрал. Гьединал къояз бихьула нилъер халкъалъул гъунки, цолъи.ТIоцебесеб къоялъ вас вугеб...

Новость на родном

ЧIарадисезул гьунар — миллаталъул бечелъи

Республикаялъулго гьумер берцин гьабулеб буго нилъер маданияталъул гьунарчагIаз. ГIагараб ракьалда кьучIги лъун, гIатIилъухъе боржараб чIарадисезул хоралъ, чIагояб гьаракьалъ бакъан биччалел кочIохъабаз, фольклоралъул гIахьалчагIи церерахъиналъ бечед гьабула кигIан кIудиябги тадбир.   ЧIарадисезул хоралъул гьунар бихьизе рес щолеб буго республикаялъул батIи-батIиял районазул, шагьаразул гIадамазе. Гьаб гIагараб заманалда, жидерго концерта­лъул программагун чIарадисезул хор гIахьаллъана Избербашалда, Хьаргаби районалда, МахIачхъалаялда...

Новость на родном

«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА

Советияб армиялдаса тIад­ву­сса­­ралдаса нахъе жакъа къоял­де щвезегIан дица кидаго под­писка гьабуна нилъер респуб­ликаялъул «БагIараб Байрахъ», гьанже «ХIа­къикъат» ва районалъул «ГIия­хъан», гьанже «ЧIарада» га­зетазе. Дун почалда хIалтIана 18 соналъ. Гьеб заманалда гIадамаз хъва­лаан гIемер батIи-батIиял га­зе­тал. РакIалда буго, 90-абилел со­­наз «ХIакъикъат» газеталъул ти­­раж цохIо ЧIарада районалда ба­ху­наан 1800-1900 экземпляралде, «ГIия­хъан» газеталъулин абуни – 3500-ялде. Кинал нилъ...

Новость на родном

«ХIакъикъаталъул» гъасда ЧIАРАДА

ЦIи гьарулел руго нухалгун кьоял   ЦIуриб-Арчиб нухлул тIоцебесеб километралда къокъаб заманалда жанир гьарун рагIалде щвана хъил тIеялъул хIалтIаби. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна районалъул нухазул идараялъул нухмалъулев ИсмагIил Мусаевас. АнцI-анцI соназ районалъул гIадамазе ва гьалбадерие кIудияб хIинкъи букIана гьеб нухдасан хьвадиялъе. Ахир-къадги тIубана киназего гIахьалаб анищ. Жакъа къоялде гьел нухал гIатIид гьаруна, тIун лъугIана хъил,...

Новость на родном

«Дий доб мультикалда бугеб расанкIо босе!»

ГIорцIараб, цулъараб, пахруяб, жидерго умумузулцин гIумру лъазе тIалаб гьабулареб наслу бихьидал пашманлъула ракI. «Дий доб мультикалда бугеб расанкIо босе! Гьал ясикIаби чIалгIана, цогидаб босе, «Беби бон» бокьун буго. Гьеб тайпая­лъул гьоркьохъеб цо ясикIоялъухъ кьолеб гIарац чадил багьаялде бикьани 70 буханкаялда бащалъула. Лъимаде цIикIкIараб рокьи — бокьанщинаб боси, эбел-инсуе цIаргун рецц. РатIлил, расанкIабазул цIун руго хъурщаби,...