«ХутIичIо бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб»

Жакъа къварилъиялъ къвал бан бугони, метерисеб къоялъ гIатIилъи бачIуна. Рохелалъ хисула пашманлъи. Жакъа дица гара-чIвари гьабулев чиясги нахъа тана батIи-батIияб кьералъул гIумру. Гьал къояздайин абуни гьес тIубала 70 сон. Щивха кколев гьев, Муса Азаев?

 

Кинабго букIана Мусал гIумруялъулъ. Сонгицин – халкъазда гьоркьосеб ГIали ГIалиевасул тIоцебесеб гугариялъул рахъалъ турниралда, 57 килограмм цIайиялда, тIоцевесев чемпион вахъанин бахъараб гьаркьица, битIахъе дандерижиялъ зобал гъугъазарулел ругин кколаан. Къого сонил ригьалде вахинчIеб Мусал бергьенлъиялъе тIадегIанаб къимат кьуна мунагьал чураяв ГIали ГIалиевасги. Гьеле гьелдаса нахъе чорхолъ бугеб цIаги жиндирго цIарги ясбер гIадин цIунана гьес.
Ана сонал, сверана дунял. ТIадегIанаб лъайги босун вачIана инсул росулъе. Адаб-хIурматалда къабул гьавуна гIагараб Дилималъ. БатIияб къагIидаялъ букIине ресги букIинчIо. Абула кутакалда захIматго букIунин гIумруялъго живго жиндаго релълъарав инсанлъун хутIизе. Мусайин абуни хутIана хиси гьечIевлъун, сундуего хилиплъичIо гьев.
— Дица гьабулеб хIалтIиги, тIаде босараб ишги намус бацIцIадго тIубаялда цадахъ букIине ккола гIаданлъиги. Гьеб кинабго куцазе ккола сверухъ ругезулъги, — ян гIемер такрар гьабула Мусаца.
Институталда щвараб лъаялда рекъон, Дилим росдал тIоцебесеб школалда физкультураялъул дарсал кьезе байбихьана Мусаца. Байбихьана гугариялъе лъимал куцазе.
— КъваригIун букIана база гIуцIизе. БукIинчIо гIадатияб бугониги гугарухъабазул зал, гъоркь тIамизе ургу, гьеб лъезе бакI. Нечараб хабар бугониги, хIажатханаби рукIарал бакIалги риххун, гьабуна гугару­хъабазул ургу лъезе бакI. Гьединаб бакIалда куцана СССРалъул чемпионлъун вахъарав МухIамадгIазизов ГIазиз.
Бихьана киназдаго Мусал хIаракатчилъи. КIиго-лъабго сонил болжалалда жаниб СССРалъул чемпион куцазе кIварав чиясе, гугарухъабазул школа Дилималда рагьизе хIалкIун кумек гьабизе кколин кIалъана Олимпиялъул хIаязул чемпион Загъалав ГIабдулбегов. Гьесулго рахъ ккун рагIи абуна щуцIул Дунялалъул чемпион ГIали ГIалиевас. Росдал школалда мугIалимлъун хIалтIизе вачIараб къоялдаса нахъе, анищлъун букIараб, лъималазулгун гIолилазул спортивияб школа рагьана Дилималда 1974 соналда. Гьелдаса нахъе ана 46 сон. Гьеб болжалалда жаниб Казбек районалъул лъималазулгун гIолилазул спортивияб школалъ, Муса Азаевасул нухмалъиялда гъоркь, куцана халкъазда гьоркьосеб спорталъул кIиго мастер, анцIгониги СССРалъул мастер, 15 Россиялъул мастер. Гьезда гьоркьор руго Европаялъул чемпион Сулайман ГIамиралиев, Дунялалъул чемпионаталда гIарцул медаль босарав Заирбег Музаров, лъабцIул халкъазда гьоркьосеб гугариялъул рахъалъ ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб турниралъул чемпион, Иван Ярыгинил Гран-при турниралда бергьенлъи босарав ГIумар Гебеков. Гьел бергьенлъабазул хIасилазе гIоло Муса Азаевги мустахIикълъана «ДРялъул мустахIикъав спорта­лъул хIалтIухъан» абураб цIаралъе, щвана «РСФСРалъул лъай кьеялъул хIурматияв хIалтIухъан» абураб шапакъатги.
— Муса, спортивияб рахъалъ гуребги, дуца гIемераб хIаракатчилъи бихьизабуна ва бихьизабулебги буго жамгIияб хIалтIулъги. Цо кидаялиго хабар ккедал, дуца бицун букIана тIоцебе районалда ополченцазул къокъа гIуцIарав чи мун вугин, гьебги букIанин 2003 соналъул февраль моцIилан…
— Дудаги ракIалда батила «демократияйин» абураб рагIиги кьочIое босун, Ленинаул росулъ 1992 соналда гIавухъазул район гIуцIиялда хурхун чачаназулгун алмахъазул букIараб багъа-бачари. Доб заманалдаго бичIчIулеб букIана гьеб гIададисеб иш гуреблъи. Гьединал лъугьа-бахъиназул хIисабги гьабун ккараб хIукму буго ополчениялъул къокъаби гIуцIи. Гьенирги мекъи ккечIо. Байбихьуда цо къокъа гIуцIун букIана Дилималда, хадуб – Калининаулалдагун Ленинаулалда ва Буртунаялдагун Алмахъалда. Ополчениялъул гьел къокъаби гIуцIиялъе кумек ккана 1990 соналда гIуцIун букIараб имам Шамилил цIаралда бугеб халкъияб фронталъулги. Доб заманалда дун вищунги вукIана гьеб фронталъул председательлъун. Гьабураб хIалтIиги гIадада ккечIо. 1999 соналда ккарал лъугьа-бахъиназе хIалае батана.
— Дида рагIана дуца РФялъул президент Владимир Путинида, Бо­лъихъе гьев вачIиндал, абурал рагIаби, ай абуна гьадин: «Владимир Владимирович, мы тогда в 1999 года ботлихцам на помощь прибыли до зубов вооружёнными. Заранее купленное оружие нам пригодилось здесь на вой­не», — ян. Гьел рагIабаз кумек гьабун батила дуе гьесда аскIов гIодов чIезе ва нусго грамм борхизе?
— Нусго граммин абуни битIун буго, амма щиб доб истаканалда жаниб букIарабали дидаги президентасдаги гурони лъаларо. Гьесда аскIов чIезавиялъе кинаб гIилла ккарабалиги дида лъаларо. БукIун батилаха Аллагьасул хIукму.
— ГIатIилъиялдаго цадахъ пашманлъиги камуларин абула. Дурги гIумруялъулъ рукIана ракIбакъваял, камиял. ЛъикIлъулареб ругъун лъун буго жакъаги дур рекIелъ, гIум­руялдаса гIолохъанго дур вас ГIали ватIалъиялда бан…
— Дин ккурав, мекълъи-тIекълъи бокьуларев вас вукIана ГIали. Щибха гьабилеб, гьелъиеги цо гIилла батила БетIергьанасул. Гьеб къваридаб къоялдаса нахъе байбихьана дица назмаби хъвазе, дирго къварилъи къватIибе гьурщизе. Дунялалъулго тIагIам хвана. Х1укму гьабуна ГIалил цIаралда мадраса базе. Дун гьедигIан буголъиялъул, магIишаталъул рахъалъан бечедав чиги гьечIо, бугониги тIаде босана кIудияб хIалтIи. ТIадегIанав Аллагьасул кумекалдалъун лъабтIалаяб, 200 мутагIиласе цIализеги, рега-рахъинеги, квана-гьекъезеги ресал ругеб мадрасаялъул мина бана ва гьеб хIалтIулеб бугелдаса микьгониги сонги буго. Дагьаб ракI парахалъараб гIадинги ккана.
— Баркала, Муса. Тарихалдалъун гIезегIан бечедаб гIумру нахъа тана дуца. Сахлъиги къуватги кьеги дуе, гIадамазе гьабулебщинаб рагIалде бахъинабиялъе.