«Хунзахъа ХIажимурад». ТIадвуссин

Жиндир цIаралда сверухъ жеги дагIба лъугIичIев Кавказалъул ра­гъул бахIарчи, Хунзахъа ХIажимурадил хIакъалъулъ нилъеда лъалаан гIицIго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цIунун хутIараб магIарулазул халкъияб щуго кочIодасанги. 
Гьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гIелмабазул кандидат ПатIимат ТахIнаевалъ къватIибе биччараб «Хунзахъа ХIажимурад» абураб тIе­хьал­далъунги. Гьей гьелда тIад хIалтIана ункъо соналъ.
 
ТIехь хъвазе ккана Толстоясе гIоло
 
ХIажимурадил хIакъалъулъ тIехь хъвазе ПатIимат тIамун йиго дунялалдаго машгьураб Толстоясул къисаялда ратарал дандеккунгутIабаз. 
Лъалеб букIахъе, Лев Толстоясе «ХIажимурад» кколаан бищунго къиматаб асарлъун. КигIан гьараниги, живго чIаго вукIаго, гьес гьеб цониги басмаханаялъе бичунги гьечIо. ГIицIго хъвадарухъан хведал гурони, къватIибеги биччачIо гьеб. 
Амма лъимерлъудаго бичIчIулеб букIанин жинда гьеб къисаялда вихьизавулев чи унго-унгояв ХIажимурад гуревлъиян бицана ПатIимат ТахIнаевалъ гьал къоязда ДГУялда тIобитIараб тIехьалъул презентациялда. 
«Кавказалъул рагъул бахIарзал жеги ругелъул – КъебедмухIамадги, Ахъбердил МухIамадги, цогидалги. Гьединлъидал хас гьабун ХIажимурад щай дуца тIаса вищарав?» — илан гьикъана гьелда наибасул ракьцояв, политолог ва журналист ХIабиб МухIамадовас.
«Дун Толстоясда божичIогоха. Гьес вихьизавурав чи вукIана ни­лъее, магIарулазе, тIуванго чиярав чи. ХIисаб гьабе нужецаго. Толстояс хъвавухъе, ХIажимурадица Лорис-Меликовасе бицунеб буго имам ХIамзатил гIадамаз Баху-бикал васал рухулеб мехалда жив цо кIкIалахъ вахчунги чIун, хIинкъун Хунзахъе лъутанила. Жиндир рахьдал вацал чияца рухулеб мехалда магIарулав вахчун чIанин абураб жоялда дун гьитIинаб мехалдацин божун йикIинчIо», — ян бицана ПатIимат ТахIнаевалъ.
 
Гьелъул божилъи хвезабун буго­-ан жиндие эбелалъ кинидахъ ахIу­леб букIараб кочIол хIакъалъулъ ХIа­­жимурадил ракIалдещвей Тол­­стояс кьураб куцалъги: ХIа­жи­мурадил инсуца лъадуда абула дуца ханасул цоги вас хахизавизе ккелилан. Гьелъ инкар гьабула. Ццим бахъарав инсуца ханжар хьвагIула гье­лъул каранде. Дагьав кIудияв гIедал, ХIажимурадица зама-заманалдасан гьарулаан эбелалда доб мехалда инсуца каранда лъураб ругъун бихьеян.
ХIабиб МухIамадовас рехсарал КъебедмухIамадги Ахъбердил Му­хIамадги жалго тун, хас гьабун ХIажимурадил хIакъалъулъ тIехь хъвазе тарихчIужу лъугьиналъе гIиллалъун кколеб буго гьесдехун гьелъул рекIел цIайи букIинги. Амма тIехьалда жаниб жинца гьеб рокьи балъго гьабун танинги бицана гьелъ. 
 
Гьединго ТахIнаевалъ ХIажиму­рад рикIкIунев вуго Кавказалъул ра­гъул гIаламатлъун. Гьев хвеялдалъун лъугIизеги лъугIанила гьеб. Гьединлъидал тIехьалда жанибе бачараб 50 сон (рагъ унеб букIараб заман) ХIажимурадил мисалалдалъун бихьизабизе ракIалде ккун буго гьелда. 
Гьесул хIакъалъулъ тIехь хъвазе жинхъаго бажаризе букIин ТахI­наевалда бичIчIун буго тарихияб лъабго асар хъван хадуб — «Аргвани», «Аул Чох. Мир ушедших столетий», гьединго «Гуниб, август 1859. «Последние дни джихада в Дагестане…». 
Хасго чIахъадерил тIехь хъвалелъулги ХIажимурад кидаго жин­да «аскIов вукIанин» ракIалде щве­забуна гьелъ. Гиназ Аргъутин­ски­ясдаса ЧIохъ цIунулевги ву­кIин­дал гьев.
Гьединго жий хьихьарай кIияйго кIудиял улбузулги сабаб кканин жинда тарих битIун бичIчIиялъеян бицана ПатIиматица: 
«1903-1905 соназда гьарурал кIу­диял улбуз хьихьана дун. Сове­тияб идеологиялъул заралияб кьа­би щвечIел гьезул рухIияб ра­цIцIа­лъиялъул сабаб ккана диеги».
 
Дагъистаналда рукIарал 
Аргъутил жасусал
 
ТахIнаевалъ презентациялда бицана жий гуржиязул архивалде яккизе течIила. Амма Санкт-Петербургалда бугеб гиназ Аргутинский-Долгорукиясул архивалъул хал гьабунила. Гьесги гIурус пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовасги моцIида жаниб кIиго-лъабгониги кагъат хъвалеб букIун буго цоцахъе. 
ТахIнаева гIажаиблъун йигоан Аргутинский-Долгоруковасда Ша­милил «Имаматалда» жа­ниб лъу­гьа-бахъунебщинаб жо лъалеб бу­кIиналда. Хасго ХIажи­му­ра­дил­гун гьесул гьоркьоблъи хвеялъул хIа­къалъулъ тIири хутIичIого бицунеб букIун бугила. Дагъистаналда киса-кирго рукIун ругила гиназасул жасусал.
Гьединго къанагIатал документаздасан лъан буго доб мехалда пачаясул армиялъул балъгояб полицияги букIараблъи. Гьелъул чIейги Дербенталда букIун буго. Гьенисан киналго кагътал цин Тифлисалде, хадур Москваялде ритIулаанила.
Амма Россиялъул генералзабазул рагъулал лъазабиязда божизе ккейги букIун батулин ТахIнаевалъе кIу­дияб масъалаян кIалъана презентациялда Хунзахъа тарихчи ГIалибег Хъазанбиев. Щайгурелъул тIарадаса ахаде щвезегIан гьересиял, гIицIго жидеего шапакъатал щвеялъул мурадалда гьарурал лъазабиял ругила гьел. 
Гьелъие Воронцовасул мисалги бачана Хъазанбиевас. 
Аскарги гъурун, хIалица Герзелал­де ворчIарав Воронцовасда цадахъ азарго чи вукIун вугилан хъван бугила гIурусазул документазда. Гьеб рагIула Воронцовас императорасухъе битIараб лъазаби. 
Цинги императорасги хъвала гьелда гъоркь: «ГIурусазул къвакIиялъе кутакаб къиматги кьун цIалана», — ян. 
«ХIакъикъаталдайин абуни, гъурун вукIана азарго солдат. Цо рагъулъ ункъо генерал чIва­на. Цебе киданиги букIараб жо гуро гьеб. ГъоркьчIелги гьабун, ХIа­жимурадица щвезабуна гьезда гьединаб кьаби. Гьеле нилъер рукIарал умумул, лъилниги гурел, нилъер», — ин бицана тарихчияс. 
 
Хиянатчи гуро
 
Жибго тIехьалъул бицунаго, презентация нухда бачунев вукIарав тарихчи МуртазагIали ХIажиевас баян гьабуна наибасул хIакъалъулъ гьесул адаб хварал жалгицин абулелги хъвалелги ругила цо-цояз. 
Амма ПатIимат ТахIнаева ХIа­жимурадие адвокатлъи яги прокурорлъи гьабун, гьев веццизе яги гьесде гIайиб гIунтIизабизе лъугьуней гьечIила. Жиндихъе щварал тарихиял баяназул кьучIги цIехон, гIицIго следовательлъи гьабулеб бугила.  
Авторалъ жинцагоги цIалдолез­де­хун хитIаб гьабулеб буго гьеб тIехь гIедегIичIого, кIвар кьун цIалеян. Щайин абуни гьенир ругила церехун нилъелъ риун тIун рукIарал пуланал пикраби риххизаризецин рес бугел хIужаби.  
Гьелда бан рехсезе бегьула наиб ХIажимурадица гIурусазул рахъалдеги ун имам Шамилие хиянатлъи гьабунилан цо-цоязул рекIелъ бессараб пикруги. 
«Щивасда батIа-батIайисан би­чIчIу­ла хиянатлъиялъул магIна. Доб мехалда Имаматалда гIумру гьабулел рукIарал гIадамазда гьикъани, гьев хиянатчи вукIанин абилаан доз. Щайгурелъул Имаматалъул гIорхъи бахун ун вугелъул гьев. Амма ра­кIалде щвезарилинха дица тIе­хьа­лъул ахиралда лъурал, ХIоцоса Наж­мудиница гьесде хъварал ко­чIол мухъалги. Гьес абулеб буго ХIа­жимурад шагьидлъанин, гьев исла­малъул гъалбацI вугилан. Амма лъу­тулев гуро ХIажимурад вукIарав. Жиндир хъизамалъул ургъалица толев вукIинчIо гьев… Кутакалда чара къосарав чи вукIана гьев. Гьедин гьабичIого ресги букIинчIо гьесул», — ин бицана ПатIимат ТахIнаевалъ. 
 
Цо-цо тарихчагIазин абуни наиб вихьизавула чабхъеназул гурони ургъел букIинчIев хъачагълъунги. Амма, ТахIнаевалъул пикруялда ре­къон, цо-цо чабхъенал гьарулаан Имаматалъул нахърател цIеялъе гIоло. ТIокIалъ чIечIого багъулеб пачалихъалъ бетIербахъи сундалъун бугониги  гьабизе кколеб букIаралъул.
ХIажимурадица цониги чабхъен гьабичIин Имаматалъул изнуги гьечIогоян баян гьабуна тIехьалъул авто­ралъ. 
Гьединго цо-цо чабхъенал гьарулаанин рагъулал операциял хIи­сабалдагиян мухIкан гьабуна гьелъ. 
ПалхIасил, ПатIимат ТахI­нае­валъ ХIажимурад хиянатчилъун рикIкIу­нев гьечIо, тIадежоялъе, гьединал бугьтанал лъолел ча­гIаз­даги гьарулеб буго тарихалда бакI ккурал гIадамазда гьединал цIарал лъогеян. 
«Доб букIана кутакалда захI­ма­таб заман. Баху-Бикаги гьелъул васалги, киналгоги цIан рукIана кIудияб политикаялда гъорлъе. БатIайисан хIал­тIизе рес букIинчIо гьезул. Гье­динабго хIалалде ккун ву­кIана ХIа­жимурадги», — ян ракIалде щвезабуна П. ТахIнаевалъ.