«Ячун чIужу тана, гьавун вас тана»

ЦIибараб мина, гIолохъанай лъади ПатIимат, дадайин абизе гIечIев вас МухIамад — миллионал цогидазулго гIадин, лъукъана рагъалъ цоги гIолохъанаб хъизаналъул талихI.

 

1940 соналда армиялде ана, гьенисаги рагъде витIана Шамил районалъул ГIасаб росулъа Хизри ГьитIинамухIамадов. ЛъагIел сверилалде тIаде швана чIегIербараб ругьел.
Рагъдаса вуссинчIев росасул цIаруе хилиплъичIого гIезавуна ПатIиматица вас. ЧIахI кванан рухI хвасарлъарал улбузул лъимал хехго кIудиял гIуна. Рагъул ругъналгун тIадруссарал ракьцоял рихьигун, руссинчIого бидул хIоринир кьалул майданалда хутIаразул бицен рагIарабго, Хизрил МухIамадилъги щулалъулеб букIана «дун хирурглъун вахъина» абураб пикру.
КъахIиб росдал школа-интернаталда гьоркьохъеб лъайги щун гьев цIализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. ЦIали лъугIидал, 1969 соналдаго МухIамадида тIадкъана ЦIумада районалъул санэпидстанциялъе нухмалъи гьабизе. Ункъо соналдасан, медицинаялъул гьоркьохъеб лъай щварай хъизан Алжанатгун, гьев вачIана жиндирго районалъул централияб больницаялде хIалтIизе. Хирургасул махщалида цадахъго Хизроевас гIемерал соназ нухмалъана райбольницаялъул рентгенологиялъеги, жеги тIубазабулеб буго тохтур-онкологасул хъулухъги.
БукIуна мех бачIинахъего дару-дарманалъ унтарасе кумек гьабулареб, тохтурасул недегьаб калам хIажатаб. Гьединав чиясул къварилъи, ургъел бичIчIулев, кIваркьун гIенеккизе лъалев, сабурав, ракIбатулеб рагIи бицунев, гIажаибго берцинаб гIамалалъул инсан вуго МухIамад.
ЗахIматаб масъала буго 80 сонил гIумруялде вахарав чиясул махщалил, щварал шапакъатазул ва 52 соналъ цадахъ гIумру тIамулел рос-лъадул хIакъалъулъ гьитIинабго макъалаялда хъвазе. Къокъго абуни, тохтурзабазул хъизанин абизе бегьула Хизроев МухIамадил тIолабго наслуялдаго. Гьев бищунго разияб бечелъилъун батила гIадамазе пайдаяллъун рахъарал щуялго лъимал — ункъо яс ва цо вас. Гьезулги ункъоял — тохтурзаби. Жакъа гьел киналго руго мисал босизе мустахIикъаб даражаялда, улкаялъул, республикаялъул сахлъи цIуниялъул идарабазда, муниципалиял хъулухъазда хIалтIулел.
РакIчIараб божилъигун уна ракьцоял, Москваялъул академик В. Шумаковасул цIаралда бугеб Россиялъул миллияб сахлъи цIуниялъул цIех-рехазул централда хIалтIулев вугев хирург, медицинаялъул гIелмабазул кандидат Хизри Хизроевасухъе кумек гьарун. Риидалил заманалда хIухьбахъизе яги жиндирго къваригIелалъ ватIаналде щведал чанги унтарасул мурад тIубала гьес.
ДРялъул мустахIикъав тохтур МухIамадица чанги ракIалде щвезабула жиндирго лъимерлъи, балугълъи, жиндие гIоло эбелалъ баччараб къварилъи. Гьес такрар гьарула эбелалдаса рагIарал, рагъде унаго инсуца абурал рагIабиги:
«Ячун чIужу тана,
гьавун вас тана,
Жеги цIа бакичIеб
цIияб рукъ тана».