Гьаб иш ккана КIудияб ватIанияб рагъул заманалда. МестIерухъа АсхIабов тажудин вукIана Румыниялъул ракьалда. Тажудин вукIана гIараб гIелму лъалев гIалимчи. Цо нухалда, немцазул гучги цIикIкIун, нилъер аскарал нахъе къазе ккана. Киналгоги нахъе ун, кIудиял тIалабазда гьоркьов, как кватIизе гурилан, ракьуца таямумги гьабун, как базе лъугьана тажудин. Какие салам кьезе цояб рахъалде вуссарав гьесда 40-50 рагъухъан вугеб немцазул къокъа бихьана тIаде щолеб....

