Дурилалин абула гьидерица хIалтIулъ ретIулел хварал хьитазда.ГIиси-бикъинаб дараналда базаралда йикIуней дирго лъадухъе щварав дида ячIинахъего гьей лъачIо. КIалалъул лъугьун бугоан, гьалъаб тIадехун рехсараб, дурил гIадаб, гIажаибго коцокъаб жо, бералги магIил цIун ругоан. — Щиб лъугьараб, хирияй? Лъица дур кIал чIвараб, вихьизаве дида гьев чи, — ян хIалуцун лъугьана дун.— ЧагIаз гьабураб жо гуро гьаб,...
