Дагъистаналда ватиларо Сайгидпаша ГIумаханов лъаларев яги гьесул цIарниги рагIичIев чи. Халкъалъ жиндир цевехъанлъун рикIкIунев, хIалбихьи бугев нухмалъулев, гIакъилав гIуцIарухъан ва бахIарчияв магIарулав. Гьесул хIакъалъулъ рагIула батIи-батIиял харбал. Гьайгьай, камуларо гьев рихараз Сайгидпаша какиялъул хIужабиги. ГIажаиблъизе кколеб жо гуроха гьеб: кивго цого хIалалда чи къабул гьавулеб гIадат букIунарелъулха. Амма буго дида бичIчIизе захIмалъулеб цо хаслъиги: Сайгидпаша рихарал,...

