Пандемиялъул гудракье ккараб лъай кьей

Инсаниятго хIинкъиялъул квачIикье ккезабураб коронавирусалъул хIалкIолъиялдалъун, моцIалъ рокъор тана цIалдохъабиги. Рокъорго цIализаре лъималин лъазабуна цIалдохъабазул эбел-инсуда. РачIаха, халгьабизин гьеб хIалалда улкаялъул пачалихъалъ тIуразарулел ругел масъалабазухъ.

 

РикIкIадасан цIали гIуцIи

 Газеталъул гьурмаздасан чанцIулго бицун букIана Россиялда рикIкIадасан цIали гIуцIиялъе (дистанционное обучение – ДО) хIадурлъулел ругин абун. Гьеб къагIида хIадурулаго ана къогониги сон ва гьелде харж гьабуна гIемераб гIарац.

Амма гьанжелъизегIан ДО гIумруялде бахъинабун бажаричIо. Гьелъие аслияб гIиллалъун экспертаз рехсолеб буго ДОялъул къагIидаялда хIалтIизе бажари бугел тьюторалги кураторалги (гьез хисизе ккола жакъасел школазда хIалтIулел учительзаби) гьечIолъи. РукIана бакI-бакIазда рагьун сакъатал лъимал цIализарулел ДОялъул школал.

Буго гьединаб школа МахIачхъалаялдаги. Гьелъул хIакъалъулъги хъван букIана нижеца.

Учительзаби хIадур гьечIо ДОялде. ХIадурун гьечIо цIалдохъабигун студенталги. Чан чиясул рокъоб батилеб хехаб Интернетги компьютергун ноутбукги? Шагьаразда гьеб рахъалъ квешаб хIал гьечIониги, росабалъ расги лъикIаб гьечIо.

 

Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго школазда яги вузазда гIолилал цIализаризе захIмалъулеб бугин абун. Цере гIадин кIийилазукьаги хIинкъуларел, учителасул малъиги гIадахъ босуларел цIалдохъаби кколел руго эбел-инсул цIобалде.

Бажарулищ гьезухъа лъимал цIализарун? Карантиналъул тIоцебесеб бутIа байбихьарабго, вацапалдаса тIиритIизарулел баяназ бицунеб буго гьеб бажарулеб гьечIолъи. Гьединлъидал щаклъизе бачIуна ДОялъулги лъикIаб хIасил ккеялде.

ЛъикIал хIасилал ккезе рес буго, байбихьул школалдасаго ДОялъул къагIидаялда рекъон цIализе ругьунал цIалдохъаби куцани. Рокъосанго лъимал цIализареян лъазабуралдаса инчIо гIемераб заман, амма социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел руго гьелдаса рази гьечIолъи загьир гьабулел улбузул ахIиял. «ЛъикIаб букIинаан, карантиналда школал тани, ай цIалдохъабигун учительзаби школалда жанирго чIезаруни. Дица дирго ункъабго лъимадуе лъабабго ригьалъ квен баччилаан гьенибе», — ян бицунеб буго цо гIаданалъ.

Цогидалъ хъван буго директоралъухъе гьадинаб гIарза: «Гьарула дир васасе, анлъабилеб классалъул цIалдохъанасе, гьаб цIалул соналъул хIасилиял къиматал хIисабалда киналго дарсазухъ кIийилал лъеян. Васасе бокьулеб гьечIо цIалдезе. Гьев цIалдезавизе къеркьани, дир гIумруялъе хIинкъи букIине буго: дун я гIадаллъула, я дир гьекъолдухъан яхъуна», — ян.

 

ЧIахIиял школазул бакIалда – гIисинал

Пандемия лъазабураб мехалда унти тIибитIизабулел бакIаллъун рикIкIуна гIемерал гIадамал рукIунел рестораналгун кинотеатрал, стадионалгун спортзалал, мажгиталгун клубал. Гьеб сияхIалда гьоркьор рехсола школалгун лъималазул ахалги. Гьединлъидал экспертаз абулеб буго, пандемия лъазабиялъул хIинкъи цIикIкIараб заманалда лъикI букIинин 2000-3000 цIалдохъан гуреб, 200-300 лъимадуе бакI бугеб школа бугони. Гьеб мехалда дагьлъула унти тIибитIиялъул хIинкъи. Гьединал школалги рукIине бегьила гIемертIалаял минабазул тIоцересел тIалабахъ –рокъоса рахъарал лъимал, азбаралде лъугьинчIого, дарсиде щолеб хIалалъ.

 

ХIажат гьечIо цIалулгун дарсил планал

Щибаб соналъул хасало букIуна гриппалъул эпидемия. Камуларо, кIигониги анкьалъ школал къаялъул хIужабиги. ЧанцIулго школазда дарсал гьоркьор къотIизаруна терроризмалъул хIинкъи лъазабиялда банги. Гьеб мехалда учителас цебеккунго хъван рукIарал дарсилги лъагIалил цIалул планги тIубазабизе рес кколароан. Гьанже школалгун лъималазул ахал къана моцIидасаги цIикIкIун заманалъ. Жеги мухIканго лъаларо, кида гьелъие ахир лъелебалиги. Унти ккезабулел вирусал загьирлъулеблъун рикIкIунеб буго 14 къо. Амма карантин халалъизе рес буго тIубараб лъагIелалъги. Кин гIумру гьабизе бугеб гьеб мехалда? Щиб кваназе бугеб?

Бицанщиналъул магIна ккола, цIалул сон кин тIобитIизе бугебали лъаларелъул, школал хIалтIизе ккола «хIакъикъияб гьава-бакъалда» рекъонин абураб. Цинги киналгIаги планалги хIажат гьечIо, стандартазулги магIна хола.

Лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъаби

Коронавирусалде данде къеркьолаго, апрелалъул ахиралде щвезегIан рокъор цIализаризе ккола лъимал. Кин экзаменал кьезе ругел ичIго ва анцIила цо класс лъугIулел цIалдохъабаз?

РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцовасул баяназда рекъон, 11 классалда цогоял пачалихъиял экзаменал байбихьизе руго микьабилеб июналда. Исана букIине гьечIо цебеккунго ЕГЭ кьолеб къагIида, ай цересел соназулги исанаселги выпускниказ экзаменал кьезе руго цого заманалда. ЧIезарун руго резервалъул къоялги (аслияб заманалда экзамен кьезе санагIат ккечIел цIалдохъабазе). ИчIабилеб классазул  цIалдохъабазул экзаменал байбихьула ичIабилеб июналда. Вузазде документал къабул гьаризе руго анцIабилеб августалде щвезегIан.

Экзаменазул къоял хисизариялда бан бижулеб буго цоги масъала: щиб гьабилеб учительзабазул отпусказда? ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъ улкаялъул хIукуматалде хитIаб гьабун букIана, нагагьлъун учительзабазул отпуск къокълъизабизе кколеб бугони, гьезул материалияб рахъ хIисабалде босеян абун. Ункъабилеб апрелалда «ВКонтакте» социалияб гьиналъ гIуцIараб «Домашний час» абураб онлайн-марафоналда Сергей Кравцовас лъазабуна, гьеб масъала тIубазе кIигониги анкь хIажалъизе бугин абун. «Учительзабазул отпусказул рахъалъ хасаб баян кьела нижеца. Бигьаяб масъала гуро гьеб. ТIолабго ахIвал-хIалалъул цIех-рех гьабизеги чIванкъотIараб хIукму къотIизеги хIажалъизе буго кIигониги анкь. Халгьабизе ккола хадурккун ккезе бегьулел хиса-басиязулги», — ян бицана министрас.

 

Учительзабазул моцIрол харжал дагьлъизаризего бегьуларин абун регионалиял идарабазде хитIабги гьабуна Сергей Кравцовас.