Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 соналда. ГьабсагIаталда гьенив цIалулев вуго 340-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хIажатал махщелчагIи.
Умалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хIукму гьабуна учителасул моцIрол харж кIиго бутIаялдаса гIуцIизе. Учительзаби рази ругищ харж кьолеб къагIида хисизабиялдаса?
— Гъира базабиялъул бутIаялъул роцен мухIкан гьабураб мехалда, дагьлъана къваригIел гьечIел харбал. Гъира базабиялъул бутIаялъ кколаан моцIрол харжалъул фондалъул 15 процент. Гьеб бикьулаан муниципалиялги регионалиялги тадбиразул гIахьалчагIи-цIалдохъаби хIа- дурарал учительзабазда гьоркьоб. Щолаан гьеб батIи-батIиял къецаздагун данделъабазда гIахьаллъаразеги. Камулароан гIарац школалъул администрациялъ «берцин бихьухъе» бикьулеб бугин абурал харбалги. Дун рази вуго харж кьолеб къагIида цIи гьабиялдаса.
— Бихьулеб буго школалъул мина басралъун букIин. Гьеб къачIазе рес кин батулеб?
— ГьабсагIаталда бищунго аслияб масъала буго гордал хиси. Капиталияб ремонталъе проектгун документал хIадурун рукIана анлъго соналъ цере. Амма, гIарац гьечIолъиялда бан, иш рагIалдего бахъунеб гьечIо. Гъоркьисаги кьерцисаги документал хIадурун рукIана «150 школа» абураб проекталда гъорлъе ккезе. Гьелъулги хIасил ккечIо. Проекталъул тIалабазда рекъон, нижеца валагьизе ккола 300 азаргониги гъурущ школалъе кьезе разилъулев спонсор. Нижер росулъ гьединав чиги гьечIо.
— ТIоцебесеб классалде рачIунел лъимал цIализариялъул масъала кин тIубалеб бугеб?
— Темиргъое росулъ гьечIо лъималазул ах. Цо-цо учительзабаз марталдаго байбихьула гьезулгун хIалтIи. Гьел ругьун гьарула классалда гIодор чIезе, цоцазе салам кьезе, ручка-къалам кодоб кквезе, рукIа-рахъине. Щибаб къоялъ цо-кIиго сагIаталъ кьола гьезие дарсал. Учителасе гьелъухъ кьолеб жо букIунаро. Амма учителасда бичIчIула сентябралда гьелго цIалдохъабигун хIалтIизе кколеблъи ва ФГОСазда рекъон гьезие дарсал кьезе захIмалъизе бугеблъи.
— Рахьдал мацIазул дарсал кин гIуцIун ругел?
— Нижер школалда кьола магIарулги лъарагIги мацIазул дарсал. ХутIарал миллатазул вакилзаби дагьал рукIиналда бан, гьезие гIурус мацIалда кьола Дагъистаналъул адабияталъул дарс.
ЦIиял ФГОСазда рекъон кколел рахьдал мацIазул цIалул тIахьалги чIорого щвана школалъе.
— ЦIалдохъабазул эбел-инсуца гIахьаллъиго гьабулищ школалъ гьабулеб хIалтIулъ?
— ГIолеб гIелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара хIисабалда нижеда тIадаб буго хIажат гьечIел ишаздаса цIалдохъаби цIунизе, цIодорлъи гьабеян гьезда малъизе. Школалде рачIуна полициялъул хIалтIухъабиги, рухIиял церехъа- биги, наркотиказде данде къеркьолеб комитеталъул вакилзабиги. Гьел дандчIвала цIалдохъабигун, тIоритIула бахIсал, тарбия кьея- лъул тадбирал. Гьеб ишалъулъ жигараб гIахьаллъи букIине ккола цIалдохъабазул эбел-инсулги. Амма цо-цоял рачIуна дарсидеги, гьабула школалъе жидехъа бажарараб кумекги, жигаралда гIахьаллъула гIуцIулел тадбиразулъги. Руго сундего кIвар кьоларелги.