Исанасеб кIалбиччанкъоялъ цIунизе ккараб гIадатияб гуреб низам гIемерав чияс батIи—батIияб къагIидаялъ загьир гьабуна. Дир хIисабалда, тIолабго дунялалда пашманлъи тIибитIараб гьаб заманаялъ, рокъоб гIидалъул къо тIобитIи—гьеб магIу гьабизе ккараб захIмалъи гуро. Гьеб къоялъ, хIалтIул жавабчилъи цIикIкIиналъ, рокъоре раккизе щвечIелги, рукъго гьечIелги, рикъзи къанагIаталги бусурбаби дагьал гьечIелъул ракьалда. Сабруго хварал магIаби тIиритIизаричIого, ракIазе бигьалъи кьолеб каламалъулго кири гIемер букIинаан.
РекIелъ иман бугони
АльхIамдулиллагь, цIикIкIарасеб халкъ гIакъилазда цадахъ билълъана. Щивас рокъоб байрамалъул тепсиги гIуцIун, имамзабазул ахIиги гIадахъ босун, берцинго тIобитIана гьеб къо магIарухъги. Узухъда, рукIана ва руго захIмалъабиги. Киналго росабалъ гурелъулха ругел халкъалъе хIажатаб нигIмат бичулел тукаби. ГIемерисел гIадамал райцентралде ине ккола нигIматазда хадур. Росулъа къватIиве яги жаниве чи виччалареб мехалъ, киса босилеб хIажатабщинаб? Гьеб суал масъалаялде сверизе течIого тIубазабулеб буго жидерго жамагIаталъул жавабчилъи тIаде босулел бегавулзабаз.
Мисалалъе, Шамил районалъул райцентралдаса бищунго рикIкIадазул цоял руго къелдерил росаби. Гьезул анлъабго росу жанибе бачуна Ругъелда росдал администрациялъ. Жиндир-чияр росу батIа бахъичIого, киса-кибего цокIалаб тIалаб чIезаби, гьеб бегавуласул бичIчIиялда бараб букIинарищха. Хасго гьадинаб къварилъи тIаде рещтIараб мех буго гьезул жавабчилъиялъул хIалбихьулеб заман. Къелдерил росабалъ бугеб ахIвал- хIал цIехолаго, гьадинаб жаваб щвана гьезул жамагIаталъул рахъалдасан:
«ТIад тарав чиясе мукIурлъула рекIелъ иман бугев чи, гьес гьезул тIалаб битIун къабулги гьабула. Къелдерил анлъабго росулъ жакъа росдал бегавуласги имамзабазги гьабураб хIукмуялъухъ гIенеккуларев чиго ватиларо.
Росабалъа къватIире-жанире чIалгIаде хьвадизе бегьунгутIи бичIчIизабун буго жамагIатазда. Гьеб хьвади гьукъиялъе хъаравуллъиги лъун буго администрациялъ. Мисалалъе, райцентралде — нахъе эркенго хьвадизе рес гьечIолъиялда бан, «Инсан» фондалъул филиалалъ ва администрациялъ жамагIатазе хIажатал киналгIаги нигIматал раччизе хасаб транспорт чIезабун буго. Кинавго чиясе рес буго къваригIараб дару-дарманалъулги, кванил нигIматазулги сияхI бахъун, гьелъул жавабчилъи тIадкъарав хасав чиясухъе кьезе. Анкьида жаниб кIиго нухалъниги гIадамазе хIажатабщинаб бачIуна росабалъе. Щибаб рукъалъул тIалаб буго администрациялъул жавабчилъиялда гъоркь. Цогидалъул бицинчIого, газалъул балоналцин цIезарун рачIунел руго росабалъе.
Рагъул заманаялъ гIадаб низамалда хIалтIулел руго жакъа нижер бегавул ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовги гьесул заместитель ГIалиасхIаб МухIамадовги. Гьезие кIудияб квербакъи буго имамазабазул, щибаб росулъ рищарал жамгIиял хIаракатчагIазул. Иман камилав чи бегавул вукIиналъулъги батила кIудияб баракат бугеб къелдерил халкъалъе..
Пашманлъи рещтIуна гIасилъи бихьун
Исана кIалбиччанкъо тIолалго бусурбабазул цого къагIидаялъ — рокъоб, хъизаналъул горсверулъ ана. Цогидаб мехалъин абуни, щибаб бакIалда жидерго хаслъигун тIобитIула гьеб, тIолгоязе къиматаб байрам.
КIалбиччанкъоялъ росу-ракьалдаса кигIан рикIкIада яшав гьабун ругезги хIаракат бахъула умумузул хабада дугIа гьабизе, цIикIкIаразухъе, унтаразухъе, гIага-божаразухъе щвезе магIарухъе рачIине. Нилъеда лъала, гьеб къо гIагарлъулаго, шагьараздаса мугIрузде букIунеб машинабазул чваххи. ХIикматаб рохелги гIажаибаб пашманлъиги рещтIуна бусурбабазул ракIазулъ гьеб къоялъ. Пашманлъи — хварал ракIалде щун, гьабичIого хутIараб гIибадаталда ракI бухIун, рохел — рокьулелщинал рихьун, рекIее къабулаб хIалалъ садакъа гьабизе щун. Пайда щиб, щибаб лъикIлъиялде рагIад рехулеб квешаб рахъги камуларелъул. Нилъер гIемераз гьеб бихьичIеб ххвел гьабун тола.
Пашманлъи рохалидаса бергьуна, гьеб хирияб къоялъ кIи- гьумерчилъи, иманалъул загIиплъи, къокъго абуни, инсанасул гIасилъи бихьун. КIал биччарабго гьакълиде руссунелги загIипал гIадамал камулел гьечIелъул. Росу бахилаб гIамалалъул гIолохъанчи гIодове къулула, гIидалъул къо ахиралде щвелелде мехталил риччалъ цIикIкIарав вац вихьун, гьесда аман гьарулей эбелалъул бадиб магIу бакъваларо, лъадулгун росасул рокьукъаб хабар халат бахъуна. Гьединав инсудаса лъималазе бугеб баракат бахъунеб мисалалъул бицинего ккелищха. ЩайгIаги мун росулъе вачIарав, лъарагIлъиялъул эркенлъиялде ругьунлъарав магIарулав, гьаб хирияб къоялъ Аллагьас кьураб алжанул гIаркьел гIадаб гьайбатаб тIабигIат чорок гьабизе гIаракъидул шушбиги цадахъ росун?! Гьеб питнагун мунагь бекьулеб кепалда гIолохъаби рихьаниги, гьезие вагIза-насихIат гьабуларелги росаби руго нилъер. Щал чагIиха кколел росдал тIалаб гьабизе тарав бегавул, имам, дибир?! Кир нуж ругел, жамагIатчагIи?! Гьал суалазе жаваб щвезе бокьаразе лъикIаб мисал бихьизабулелги руго бакIал.
Къелдерил кIалбиччанкъоялъул цIияб гIадат
Къелдерил анлъабго росу жаниб парахалъараб ракь Шамил районалдаго бищун тIабигIат берцинаблъун рикIкIуна. Гьединабго берцинаб гIамал-хасияталъул халкъги буго гьениб. ГIадатазул хаслъиялъул ва гьобол хиралъиялъул рахъалъги тIокIлъи босараб бакI буго гьеб.
Исана анцIабилеб сон буго къелдерил жамагIаталъ бегавуласул иш, гIелмугун гIамал рекъарав гIолохъанчи ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовасда тIадкъаралдаса. Щибаб росдае хIажаталъул тIалабазда къаси-къадлъи гьечIого векерулев гьесда рекъечIеблъун, жамагIаталъул гIуцIиялъе заралияблъун бихьана кIалбиччанкъоялъул къаде нахъе гIолохъаби тIабигIаталде рахъун, бакI-бакIалда гIуцIулеб квана-гьекъей. Рекъараблъун бихьана гьесда, анлъабго росдал жамагIатал данделъулеб къоялъ, административияб центрлъун бугеб Ругъелда росулъ кIудияб мажлис тIобитIизе.
Мурад — жамагIат гъунки, росабазда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIин, заралияб пишаялдаса гIолохъаби нахъе цIай. Бегавуласда цадахъго мажлисалъул жавабчилъи тIаде босана росабазул имамзабаз, жамагIатчагIаз. Санайил, мажлисалде хIадурлъулаго, росабалъ лъазарула исламалъул кьучI щула гьабулел конкурсал. Гьенир гIахьаллъаразе щола, жидерго какгун кIал камиллъи гуребги, жамагIаталъул исламиял хIажалъаби тIуразаризе чара гьечIеб лъайги. Конкурсалда гIахьаллъаразе ва бищунго лъикIал хIасилал рихьизарурал командабазе сайгъатазе мажлис гIуцIараз санайилго гIарцулал сурсаталги чIезарула.
ТIоцебе гьеб мажлис тIобитIана 2011 соналъул кIалбиччанкъоялъул къаси. Дагъистаналдаго машгьурал исламиял гIалимзаби ахIун рукIана гьенире. Мажлисалда гIахьаллъарав, нилъее баракатгун шафагIат щваяв гIалим, мунагьал чураяв Бакълъухъа ГIабдулгъафурил МухIаммадица гьабураб вагIза-насихIат биун рекIелъе инчIев чи нагагьги хутIун ватила: «..Цо чи живго жиндаго чIун тIубалареб, вацлъиги, цолъиги, гьудул-гьалмагълъиги къваригIунеб жо буго дуниял. Дунялалъул рукъ нилъее лъугьунеб буго ахираталъе бекьулеб хурлъун. Аллагьасдаса хIинкъун, рекIелъ бугеб иманалъе гIоло гьабураб гурони, дунялалъул ишазе гIоло гьабураб вацлъи, гьудуллъи, данделъи нилъеда ахираталъул рокъоб батулеб гьечIо. Нилъеца шаригIаталъе, гIадамазе лъикIлъиялъе, гьезул ракIал цо гьариялъе, динияб гIамал-тIабигIат мисаллъун букIиналъе гьабураб мажлисалъ азарго цогидаб, ай исламияб гуреб, баракат кьолареб мажлис чурулеб буго. Дуниялалъул рокъоб хайиралъе, кепалъе тIоритIулел мажлисазда гIахьаллъарал ахираталда цоцазе тушбабилъун рукIунин абун буго, амма гьадинал мажлисазда гIахьаллъарал ахираталда Аллагьасда аскIор цоял-цоязе шафагIаталъеги рукIунел руго..»
КIалбиччанкъо бугониги, къватIисан хIурматиял гьалбал гIемер рачIуна гьенире санайилго. ГанчIил ракI бугевги чиясулъ иман цIилъилин ккарал вагIзабиги, нухго гьечIеб кьурулъ къосарасе шагьранух рагьулел насихIаталги рагIула гьенир данделъаразда.
Къелдерил хасияталъулъ бищун берцинаблъун бихьула цоял цогидазухъ гIенекки, дун цIакъавин лъугьинчIого, лъикIаб иш гьабулесда нахърилълъин, цоцае квербакъи. Гьеб загьирлъула ригьналъ, гваязулъ, къварилъи ккаралъуб. ГIаммаб ишалъулъ гьез лъолеб кIудияб бутIа баянго бихьула тартибалда гIуцIарал чIахIиял тадбиразда. КIалбиччанкъоялъ гIадатлъун билълъараб тадбирги гIицIго диналъул бицарал вагIзабаздалъун къокълъуларо. Байрамалъул программа гIуцIун букIуна культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагIи, школлъимал, гIолилазул жамгIиял гIуцIаби, хIатта ясли- ахазул гьитIичалгицин гьоркьоре рачун.
Театралиял сценкаби, къецал, миллиял музыкалиял алатазда ватIан бокьиялъул темаялда ахIулел кучIдул, гIахьалчагIазе рикьулел сайгъатал — кинабго рекъезабун гIуцIараб камилаб тадбир. Гьеб буго къелдерил церехъабазул бергьенлъи, жамагIаталъул бечелъи. Исанасеб байрамалъул ками, кIвар, кIодолъи цIакъго бичIчIун батила къелдерида.
РакI унтун гьабураб кинабго ишалда рекIее рохел кьолеб нур букIуна. Гьединабго нур бессарал рукIуна мугIрул ракьанда ругел гIисиналго росабазул гIадамаз гIумру берцинлъиялъе гIуцIулел тадбиралги.
Нилъеда лъачIониги, ратизе бегьула гьединал хаслъаби цогидал магIарул росабалъги.