Щуго соналъ цадахъ цIаларай, щуго соналъ цадахъ гIумру гьабун йикIарай Раисатил васасул берталъе МахIачхъалаялде ине къоял рикIкIуней йикIана Хамиз. Гьенир данделъизе къотIи гьабун букIана цогидал курсцоязги. Хамизил цIакъ гъира букIана лъеберго соналъ йихьичIей гьудул йихьизе. Гьелда рагIун букIана Раисатил бечелъиялъул бицунебги. Божизе бокьун букIинчIо бечелъиялда цадахъ Раисатил гIамал кIодолъун бугин гIадамаз рицунел харбазда.
Хамизица, цIалун яхъинегIан, кумек гьабуна Раисатие – эбелалъ магIарухъа рачIарал кванил нигIматалги ращад гьарулаан. Хамизил эбел ГIайшатилги букIана Раисатидехун гьединабго бербалагьи: жиндирго ясалъе кьолелъул, гIарацги кьолаан Раисатие, цадахъ ясалги рачун концерталде, киноялдеги унаан гьей.
Гьелъиеги бокьун букIана жинца яслъун рикIкIуней йикIарай Раисатил васасул берталъе шагьаралде ине. Доб мехалда, ясазухъе шагьаралде ячIунелъул, ГIайшатица гьезие натIухIги рахьдада бахъухъги бачIунаан. Гьей ячIарайго, цадахъ цIалулел ясал Хамизихъ данделъулаан – гьезие цIакъ бокьулаан ГIайшатил бахъухъги натIухIги.
Гьанжеги, берталъе къачIалаго, гьелъ хIадурана натIухIги бахъухъги. Шагьаралде щвезегIанги, жиндие гьабизе бугеб дандчIваялъул пикрабазда йикIана ГIайшат. Гьелъ цебе чIезабулеб букIана: «Вай, дир ГIаши ункъачо!» — ян горбода хурхуней Раисат. Цинги Хамизил гьудулзабаз сверун кколей гьай. ГIаши ункъачо, ниж урхъун рукIанин дур натIухIалъухъиланги абун, гьаз кIудияб гъираялда кваналеб натIухI. Раисатица гьай гIодой чIезаюлеб йиго чIухIараб стол.
Цо заманалдасан ГIаши ункъачое кIалъазе рагIиги кьола.
Цо-цо жиндиего гьимулейги йикIана ГIайшат…
Бертин гьабулеб чIухIараб залалде аскIоре гIагарлъанагIан, ГIайшат жиндирго гордихъ чанго нухалъ ялагьана – гьелъ гьеб букъизабун букIана берталъ кьурдизе гIоло. Залалде жанире лъугьаралго, йихьана Хамизидаги ГIайшатидаги Раисат. Амма Раисат гьазда аскIое ячIине гIедегIулей йикIинчIо – гьелъ къабул гьарулел рукIана жийго гIадал чIухIараб ретIа-къаялъул руччаби.
Гьазде аскIое ячIана Хамизил курсцояй. ГIодана – руцIцIана, цадахъ цIалулеб рукIараб заман ракIалде щвезабуна. Цинги гьелъ Хамизги ГIайшатги Раисатиде аскIоре рачана…
ГIайшатил гьумер кьерхана – лъеберго соналъ йихьичIей ГIаши ункъачода гьелъ я къвал бачIо, я баичIо, я хIеренго кIалъачIо. Щибаб къойил рихьулезул гIадин, кверги бачун, рачIаралищан кIалъана гьей.
ГIайшатги цIорон хутIана, гIунарал анищалгун. Гьелда кколеб букIана, хIатIазда гъоркь бугеб ракьги тIун, жий йортун уней йигилан.
Щиб гьабилебали лъаларого, Хамизги хутIана. Гьал тIуркIизаруна Раисатил гогьаб релъиялъ. Цо заманалдасан Раисатица абуна, жий регIизегIан гьанир гIодор чIайилан ва лъиданиги рихьулареб бакIалде рачана.
Гьенирго гIодор чIун рукIана Раисатил цогидал курсцоялги.
ТIоцересел кьеразда рукIана кIудиял хъулухъазда ругел хIакимзабиги гьезул лъудбиги, бахIаралъулги бахIарасулги гьудулзабиги, цадахъ хIалтIулелги. Раисатил заман букIинчIо гIадатиял гIадамазде аскIое ячIине.
Ирга щвечIо ГIайшатидеги, бахIаразе гьара-рахьи гьабизе ва сайгъат кьезе. Гьелъ бахIаразе кьезе букIана жинцаго бессараб гьитIинаб халичаги ва угьарал квербацIцIалги. БахIаразде хьвагIулеб гIарац бихьидал, гьелъ жиндирго сайгъат къадараблъун рикIкIана. Гьелда ракIалдецин ккечIо, сайгъатги босун, бахIаразде аскIое ине. Кьурдизеги щвечIо ГIайшатие – гьелъие бокьун букIана гIолилазда унго- унгояб магIарул кьурди бихьизабизе. Амма гьелде регIаралги гьеб къваригIаралги залалда рукIинчIо. МагIарул мацIалда кIалъалелги рукIинчIо гьенир. Хамизги ГIайшатги берталъа нахъе инги лъиданиги бихьичIо.
Цо-цо нахъ — нахъцин ялагьулей йикIана ГIайшат – гьелда кколеб букIана жинда рагIулеб бугин: «ГIаши ункъачо, тIад юсса!» — ян ахIулеб Раисатил гьаракь. Амма ГIайшатил гIундул гъугъ гьаруна, бахIаразул машина аскIосан унеб мехалда, букIараб кутакаб кьвагьиялъ…