ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIиябгун лъай кьеялъул комплексалда (мазкар) 10 марталда гвай бана Гъуниб районалъул Гьонода росдал жамагIаталъги. Щибаб районалъул росдае цо-цо къо бихьизабун буго гьениб хIалтIизе. Мадинатул Наби — нур бараб шагьар ХIалтIул къо букIиналъухъ балагьичIого, рачIун рукIана гьенире гIадамал. КIиабизе, лъабабизе рачIаралги рукIана. ХIакъикъаталдаги кумек къваригIараб хIал буго гьениб. 30000...
