(Цебесеб 25-аб. номералда) «ГьечIо дунялалда КавказалъулгIан берцинал гIадамал. Нагагь ратани, гьелги нилъераздаса лъугьарал наслаби ратила». Гьадинал пикрабалъ йикIана дун Турциялъул тахшагьаралда, дир гьудулзабазул рокъоре ракIарарал магIарулазул наслуялъухъги балагьун. Аваданал, чIурканал, рагьарал гьурмазул, тарихияб ватIан биларал нилъер миллатцоял! Гьеб къоялъ ракIалде щвана, церегIанго соназ, рикIкIадаб магIарул росулъ дицаго бараб гьоболлъи. Нилъехъе гьобол ячIун йигин абун рукъалъул...

