РФялъул Магъалоялъул къануналда хиса-басиял

2020 соналъул микьабилеб июналда къабул гьабураб № 172 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна Россиялъул Федерациялъул Магъалоялъул къануналъул кIиабилеб бутIаялда.

Законалда, масала, чIезабун буго:
— коронавирусалъукьа цIуниялъеги, гьеб тIибитIунгутIиялъеги, гьединго гьеб унти чIезабиялъегун гьелдаса сахгьариялъе хIалтIизарулел алатал пуланав чияс яги идараялъ чIобого кьолел ругони, гьел росулаго, эркен гьарула тIаде лъураб багьаялдаса магъало бахъиялдаса (НДСалдаса), гьелдаго цадахъ цебеккун магъало хIисабалда тIаса бахъизе бихьизабун букIараб гIарцул къадар магъалоялъул гIадлу гьабулеб идараялде тIадбуссинабизеги ккеларо;
— цебехун рехсарал ва чIобого хIалтIизаризе кьурал алатал ричун росулаго кьураб мухь харж гьабураблъун рикIкIине рес щвей;
— хIалтIи гьечIого хутIарал гIадамазе хIалтIул бакIал гьариялъул мурадалда босун букIараб кредитги хIалтIизабун щвараб хайралдаса бахъулеб букIараб магъалоялдаса ва гьеб бецIун бажарунгутIиялда бан гьелде тIаде лъурал процентаздасаги эркенлъи;
— COVID-19 тIибитIараб заманалда, хIалкъарал шартIалгун захIматалъул хIалуцин букIаго хIалтIарал гIадамазе кьураб харжалъул гъирабазабиялъул бутIаялдаса ва гьединго 2019 соналда махщеллъиялъул хайралдаса бахъараб магъалодул роценалде рекъонкколеб магъало субсидия (грант) хIисабалда щвараб хайралдаса бахъунгутIизе, ай гьелдаса эркен гьари;
— ОПСалде (пенсиялъул чарагьечIеб страхование) 2020 соналда кьурал страхованиялъул взносал дагьлъизаризе, ай 20 318 гъурщиде ккезаризе, гьединго 2020 соналъул апрель-июналда гIадамазухъа рахъизе рихьизарун рукIарал страховиял взносазул тарифазул процент тIаса бахъизе, ай ноль проценталде бачине;
— цебеккун рехсараб заманалда зарал ккарал экономикиял предприятиязухъа цо-цо тайпаялъул магъалоги (масала, пуланаб хIалтIи гьабиялъухъ гьеб гьабилалдего кьураб мухьалъухъ) страхованиялъул взносалги рахъунгутIизе.
Магъалоялъул къануналда гьарурал хиса-басиял къуваталлъун, ай хIалтIулеллъун рикIкIине руго 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. Амма кIиабилеб статьяялда рехсараб низам хIалтIизе буго 2020 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса нахъе.