ТIоцебесеб июлалдаса байбихьун, нилъер республикаялда ток бикьулеб идаралъун букIине буго ПАО «Россети Северный Кавказ» абураб гIуцIи.
Гьедин бицана 30 июналда журналистазулгун букIараб дандчIваялда гьеб идараялъул генералияв директор Виталий Ивановас.
МахIачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб «Жак» абураб бизнес-отелалде ракIарун рукIана республикаялъулгун федералиял информагентствабазул ва телеканалазул вакилзаби.
ГьанжелъизегIан гьеб масъала тIубазабулел рукIарал «Дагестанская энергосбытовая компания» ва «Дагестанская сетевая компания» абурал гIуцIабиги журазарун, цо идара гьабун буго.
«Россети Северного Кавказа» «Дагэнерго» гIуцIиялъул филиалалде гъорлъе бачун буго.
Цо росода нахъа кIиго
богогьан рекъоларо
ГIезегIан гIадатго кIалъалев чи вугоан Виталий Иванов.
Гьоркьо-гьоркьоб махсаро-хочIги речIчIизабун, бицунеб букIана гьес тIадехун рехсарал, ток бикьа- къотIулел гIуцIабазул цохIо идараги гьабун, «Россети» гIуцIиялъул филиаллъун гьеб гьабиялъе ккараб гIиллаялъул.
«Цоцада гьоркьоб конкуренцияги бугеб кIудияб кIиго идара бугони, кида—къадги гьезда гьоркьоб дандеккунгутIи загьирлъичIого рес букIунаро. Гьединал дандеккунгутIиял загьирлъана «Дагестанская энергосбытовая» ва «Дагестанская сетевая» компаниязда гьоркьорги.
Нужеда лъалеб батила, ток бикьа—къотIиялда жанир ккарал гIунгутIаби сабаблъун гIемерал бадирчIваял щун рукIана гьезие. ХIатта, гьезул цо—цо жавабиял хIалтIухъабазда тIад уголовниял делаби рагьарал хIужабиги ккана. Гьезул хал гьаби жеги—харги халат бахъунеб буго. Гьединлъидал хIукму ккана гIунгутIабиги дагьлъизаризе, гIадамазул гIарзалги гьоркьор къотIизаризе, кIиязулго хъулухъ лъугIараблъунги лъазабун, гьезул бакIалда цо саламатаб гIуцIи гьабизе. Гьеб ккола нужер республикаялъул хIукуматалъул даражаялда къотIараб хIукму», — ян абуна Виталий Ивановас.
Амма гьес журналистазе баян гьабуна идарабиги цоцалъ журазарун, цо гIуцIи гьабуниги, гьезул хIалтIухъаби къварид гьаризе гьечIилан.
«Щивниги хIалтIудаса нахъе витIун, ялъуни харжалдаса махIрум гьавун, гьев рекIекълъизавизе къотIараб хIукму гуро гьеб. Киналго ругелъурго тезе руго. Харжалги цIикIкIинаризе руго. Къваридго нижеда аскIоса щивниги инев ватиларо», — ян абуна цIияб идараялъул нухмалъулес.
Хиса-басиязул гьогьен ва анищал
2019 соналда гьединалго хиса- басияз Чачан Республикаялда кьураб лъикIаб хIасилалъул мисалалги рехсана гьес. Мисалалъе, бухIараб токалъухъ гIарац бакIариялъул, ЖКХялъул суалал мухъде рачIинаризе ва цогидалги масъалаби роцIцIинаризе кIвеялъул.
«Дида ракIалде ккола гьединалго лъикIал хIасилал нужер республикаялдаги рукIинин кватIичIого, — ян ракIчIун абуна гьес журналистазда. — Гьелъие ресал ругищилан гьикъани, руго».
ЦIияб гIуцIиялъул бищун церечIарал масъалабазул цояб ккола бухIараб токалъухъ ккараб налъи дагь гьаби. Виталий Ивановас бицухъе, гIемерал соназ данде бакIарун, гьеб налъул кIудияб къадар гIун буго.
Журналистаз кьураб тIоцебесеб суалги гьел налъулазда хурхараб букIана. Мисалалъе, 2019 соналъул июналде халкъалъул 90 проценталде гIагарун чияс токалъухъ гIарац кьун букIараблъи бихьизабулеб буго статистикаялъ. Гьединлъидал исана гьеб къадар кигIан бугебин гьикъана Ивановасда.
Гьес жаваб кьуна гьеб гIарац исана июнь моцIалде халкъалъул 62 проценталъ кьун бугилан: «БичIчIулеб буго, пандемиялъул заманалда рокъор чIезе ккун, киназулго рес рекъон батиларо бухIараб токалъухъ гIарац жиндир заманалда кьезе».
Токалъул бичIчIицин гьечIез
щулаго ккун бугеб хъулухъ
Гьединго Виталий Ивановас кIвар буссинабураб хIужалъун ккана нилъер республикаялда ток бикьа- къотIулел идарабазул жавабиял хъулухъазда ругел гIадамазул махщалил даражаялъул суалги.
«ГIамм гьабун босани, гьезул 80 проценталъул гьечIо энергетикаялъул хъулухъалда хIалтIулев чиясе хIажатаб базовияб лъай. Гьезул гIемерисел руго экономистал ялъуни юристазул махщалие цIалулел рукIарал чагIи. Амма цо лъил бугониги кумекалъулаб кверги чIван, токазул гIуцIиялда жавабияб хъулухъги щун, хIалтIулеб ххвел гьабулел руго гьел. ТIадегIанаб техникияб университеталъул бицинего бицинарин, гIадатияб энергетиказул колледж лъугIарав чиясе щолеб лъайцин гьечIо гьезул. Гьеб мехалъ суал бачIунеб буго, сундуе къваригIун ругел гьел? БакIал хинлъизарулелха. Гьединаздаса нижерго идараби рацIцIад гьаризеги байбихьизе буго», — ян бицана Ивановас.
Налъул къадар боргьунеб буго
Журналистаз борхана нилъер республикаялъ Северияб Кавказалъул «Россетазе» кьезе кколеб налъул суалги. ГIаммаб къагIидаялъ гьеб кколеб буго 42 млрд. гъурущ. Гьезда гьоркьоса анлъго миллиард гъурущ ккола гIадатиял гIадамазул налъи, хутIараб — юридикиял гIуцIабазниги магIишаталъул бутIабазниги кьезе кколеб къарзалъул гIарац.
Гьединал гIарац кьоларел налъулазда хурхун кинал тадбирал нужеца гьаризе ругелин гьикъана дица Виталий Ивановасда. ГIемерав чиясдаса рагIизе бегьула щибаб моцIалъ мискинчияс гIарац кьолеб букIаниги, чIахIи-чIахIиял магIишаталъул бутIабаз лъагIалабаз кьечIого тараб гIарац сабаблъун гьезие кколеб ракIбакъваялъул. ЧIахIиял налъулал сабаблъун, пакъираб халкъ хутIула чанги токги гьечIого.
Гьеб суалаллъе гьадинаб жаваб кьуна «Россеталъул» жавабияс.
«Гьединал чагIазда хурхун гьарулел тадбирал цIар-цIарккун рехсезе рес гьечIо дир, — илан бицана Виталий Ивановас. — Дица гьелъие жаваб кьела гIадатияб куцалда.
БухIараб токалъухъ гIарац кьоларев чиясдехун кинал тIалабал рукIунел? Нижеца цин гьесда лъазабула дуда хадуб гьадигIан налъи бугин, хадубги гьес щибниги гIамал гьабичIеб мехалъ, дагьаб кьварун лъазабула гIарац кьечIони, ток къотIизабизе бугилан. Гьеб мехалъги гьес сан гьабичIони, ток къотIизабула. Цинги налъулас щиб гьабулеб? Гьес тIаса бищула кIиго нух: ялъуни гIарац кьола, яги гъодинго «гIандал хва, гIурус хва» абун чIола.
Гьес нух балагьула къанунги хвезабун, жиндиего ток бачIунеб къагIида батизе. Гьединазда хурхун нижер тадбиралги кьварарал рукIине руго. Нижеда ракIалда буго щивав чиясул рукъалда хадуб хал ккун бажарулел аппаратал лъезе. ХIалбихьиялъул мурадалда гьединаб 18 000 аппарат лъун хIалбихьун букIана исана. Компьютералда нахъаги рукIун нижеда кIола пуланав налъуласул рокъобе ток свинабизе. Къойида жаниб 50 нухалъ ток къотIидал, гьес пикру гьабизе буго, рачIа, дица киса балагьунги 100, 200, ялъуни 500 гъурущги балагьун, дирго налъи тIаса бихьизабилин абун.
Амма гьединал тадбирал гьариги нижее расги хираго чIезе гьечIо».