Баян кьолеб буго МахIачхъалаялъул прокуратураялъ

2017 соналдаса нахъе Россиялда тIибитIана къайимлъиялде ккарал гIадамал жидехъего рачун, заманалда хьихьи яги гьединазда цадахъ гIумру гьаби.

Цадахъаб гIумру гьабизелъун рачуна гIагарлъиялъ (масала, лъималаз) херазул пансионаталде щвезарурал ва психикияб унти загьирлъизе байбихьарал, яги захIматго унтарал херал, сакъатал, ригь арал гIадамал, бесдал ва къайимлъиялъе чи гьечIого хутIарал лъимал.
2020 соналъул 30 маялда Россиялъул хIукуматалъ къабул гьабураб № 797 хIукмуялдалъун тасдикъ гьабуна цадахъаб яги заманалда гIумру гьабиялъул мурадалда къайимлъиялъе чи гьечIого хутIарал хералгун бесдал лъимал хьихьизе рачарал гIадамазе кьолеб гIарцул къадарги гьеб социалияб мухь кьеялъул низамги. 2020 соналъул тIоцебесеб апрелалдаса 30-абилеб июналде щвезегIан щибаб моцIалъ гьединал къайимчагIазе кьезе буго 12 130 гъурущ. ЧIезарун руго гьеб щолел гIадамазул тайпабиги:
социалиял хъулухъал гьарулел стационараздасаги социалиял хъулухъал гьарулел, амма стационараллъун кколарел идарабазда гIуцIарал стационариял отделенияздасаги, бесдал лъималазул интернатаздасагун лъималазул рокъоса сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечIого хутIарал лъималги цадахъ гIумру гьабизе яги заманалда хьихьизе рачарал пачалихъиялги пачалихъиял гурелги идарабазул хIалтIухъабазе; социалиял хъулухъазул идарабаздаса заманалда хьихьизелъун (гьелдаго гьоркьор – заманалда къайимлъи гьабиялъул мурадалда) сакъаталги, хералги, бесдал лъималги ва къайимчи гьечIого хутIарал лъималги волонтеразе ва Россиялъул Федерациялъул цогидал гражданазеги.
Гьеб гIарац щвеялъул мурадалда 2020 соналъул тIоцебесеб октябралде щвезегIан хитIаб гьабизе ккола РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб отделениялде яги МФЦялде. ХитIабалда цадахъ рукIине ккола паспорталъул копия ва вакиласул ихтиярал баян гьарулеб документ (гьединаб батани). Гьеб хитIабалъул халгьабизе ккола щуго къоялъул болжалалда. ГIарац кьезе кколин абураб хIукму гьабун хадуб, лъабго хIалтIул къоялда жаниб хитIабалда бихьизабураб счеталде рехизе ккола гIарац. Социалияб выплата кьезе инкар гьабуни, Пенсиялъул фондалъ гьелъул хIакъалъулъ лъазабизе ккола цо къоялда жаниб, хIукму гьабун хадусеб къоялъго. Гьенибго бихьизабизе ккола инкар гьабиялъе гIиллаги.
РФялъул хIукуматалъул рехсараб хIукму къуватаблъун рикIкIуна 2020 соналъул ичIабилеб июналдаса нахъе.