Аслияб законалда гьарурал хиса-басиязда мухIкан гьабун буго хъизамалъул гIадатиял, ай халкъалда рилълъанхъарал къанунал цIуни – «хъизам, эбеллъигун эменлъи ва лъимерлъи цIуни; бихьинчиясулги чIужугIаданалъулги гьоркьорлъабазул аслияб къагIидалъун ригьин гьабиялъул институт рикIкIин;
лъималазе хъизамалда тарбия кьеялъеги, гьединго балугълъиялде рахарал лъималаз эбел-инсул тIалаб гьабиялъеги мустахIикъал шартIал гIуцIи» (72-абилеб статьяялъул тIоцебесеб бутIаялъул ж1 пункт).
Гьелде тIадеги, кIвар кьолеб буго: «Россиялъул пачалихъияб политикаялъул цIакъ кIудияб кIваралъул бутIалъун ккола лъимал. Пачалихъалъ гIуцIула лъималазул рухIиябги, муруватиябги, интеллектуалиябги, тIабигIияб къуватги цебетIезабиялъе ва гьединго гьезулъ патриотизмгун гражданияб бербалагьи ва чIахIиязул адаб гьаби куцаялъе санагIатал шартIал. Пачалихъалъ, хъизамалда тарбия кьей аслияб букIинги хIисабалде босун, жиндаго тIаде босула къайимлъиялъе чи гьечIого хутIарал бесдал лъималазе эбел-инсулаб тарбия кьеялъул борч» (67.1-абилеб статьяялъул ункъабилеб бутIа).