24-абилеб июлалда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда данделъун рукIана магIарул шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, республикалъулаб «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабиги. Гьенив гIахьаллъана магIарулазул Миллияб автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовги. Дандеруссиналъул аслияб мурад букIана цадахъ рекъон рахьдал мацI ва адабият цебетIеялъе гьабулеб хIалтIулъ жигарчилъи бихьизаби.
Данделъи рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас. Гьес шагIирзабигун хъвадарухъабазе ва журналистазе гьарана магIарул газеталъул гIаммаб ишалъе гьабулеб хIултIуе цебетIейги икъбалги.
— Жакъа нилъ данделъиялъе буго цо гIилла — магIарул мацIги, адабиятги, маданиятги цIунизе гьабулеб хIалтIи дагьалъги чIаго гьабизе ккеялъул бицине. Гьеб гьанжелъизегIанги гьабуна нилъеца. Гьанжеялдаса нахъеги хIаракат бахъизе ккола.
Жакъа цIакъго гIемерлъун руго чIобогоял кучIдузул цIурал щибго кунчIи гъорлъ гьечIел ва хIатта магIарул махIцин жидедаса чIваларел тIахьал. ГъалатIазул бицинего бицинарин. Гьел ритIизаризе кьолелго ратиларо. Жалго бетIергьанал басмаханабазеги ургъел щибха, тIахьазда гъалатIал ругониги, гьечIониги. Гьединал тIахьалги тIахьазда ругел кучIдузги кинаб бугониги тарбия кьоларо гIун бачIунеб бугеб гIелалъе.
Гьединлъидал лъикIаб букIинаан, газеталъул гьурмазда цIалдолезда ратизе классиказулги жакъасел унго-унгоял шагIирзаби-хъвадарухъабазулги асарал. Гьел дагьал гьечIо нилъер. Биччанте гIолилазда лъазе ва бихьизе магIарул адабияталъул бечелъиялъулги гучалъулги кьалбал гъваридал рукIин, — ан абуна гьес.
Газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановасги бицана газеталъ гьабулеб бугеб хIалтIулги гьелда цере чIарал кIвар бугел масъалабазулги хIакъалъулъ.
— Газеталъул аслияв цIалдолев вуго магIарул росулъ. Нижер бухьен кидаго букIана росабазулгун ва гIадамазулгун. Бокьун буго гьеб дагьабги щула гьабизе. Гьеб мурадалъе гIоло цо-цо магIарул районазда тун руго газеталъул хасал мухбирзаби. Гьезул чIагояб хIалтIул кумекалдалъун ракIалда буго бухьен дагьабги щула гьабизе. МагIарухълъидалха бугеб миллияб маданияталъулги, адабияталъулги, мацIалъулги гъансито.
Гьединго газеталъ кIвар кьолеб буго жидерго хасал мацIал ругел магIарул районазул фольклоралдеги. Гьеб бахъулеб буго газеталда.
Газеталда цIияб жолъун ккола шагIирзаби-юбиляразул ва классиказул асаразе микь-микь ва ункъ-ункъ гьумер кьейги. Гьелъ кумек гьабизе буго магIарул мацIалъул учительзабазеги, — ян кIалъана ГI. ГIумаханов.
Газеталъ гьабулеб бугеб хIалтIул бицана газеталъул лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъги.
— Цебегоялдаса нахъе газеталъ тIоритIулел руго цIалдохъабазда гьоркьор батIи-батIиял темабазда конкурсал. Исана, масала, тIобитIана «Рагъул соназул лъимал» абураб конкурс. Гьелъул хIасилалги гьарулел руго. Гьединал къецаз лъималазул гъира базабула миллияб маданиятги, адабиятги, гIадатал- гIамалалги лъазаризе. Конкурсал тIоритIизе байбихьараб заманалда, бергьарал цIалдохъабазе сайгъатал росизе кумек гьабулаан районазул бутIруз. Гьедин, кIиго соналъ сайгъатал росизе кумек гьабун букIана Хунзахъ районалъ. ЛъикIаб букIинаан гьеб гIадат цIигьабуни, — ян бицана гьелъ.
Гьединго данделъиялда бицана росабазулгун бугеб бухьеналъул хIакъалъулъги. Масала, газеталъул редакциялде гIемер рачIуна росабалъа гIадамал, рачIине санагIалъи ккечIел кIалъала. Бицуна жидерго гIузрабазул. Нижецаги хIаракат бахъула гьезул щивасул къваригIел тIубазе. Щибаб газеталъул цо- цогIаги гьумералда бицинчIого толаро магIарул росабазул бугеб ахIвал-хIалалъулги магIарулазулги. Хъвадарухъабазулги рес буго жидерго асарал журналазда рахъизе, тIахьал риччазе. ЦIалдолесул гьединаб рес букIунаро. Гьединлъидал гьев вохула, жиндирго макъала газеталда батани.
Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магIарул секциялъул нухмалъулев МухIамад ПатахIовас кIвар кьуна гьадинаб хIужаялде. Масала, хъвадарухъаби-классиказул премиязе гIоло тIоритIулел тадбиразда жигараб гIахьаллъи гьабизе гьезул ракьцоял-районалъул бутIрузги. ЛъикIаб букIинаан гьезги, бергьаразе шапакъатал кьолелъулги, гьенибги лъикIабго гIахьаллъи гьабизе. Масала, «ХIакъикъат» газеталъ гьабсагIаталда лъазабун буго МухIамад Шамхаловасул премиялъе конкурс. Щай бегьилареб гьениб гIахьаллъизе ЦIумада районалъул администрацияги!?
Гьединго МухIамадица бицана соналдаса соналде гIодобе кколеб бугеб подпискаялъул хIакъалъулъги:
— Нилъеца, магIарул мацIалда риччалел «Гьудуллъи» ва «Лачен» журналазги «ХIакъикъат» газеталъги гьабулеб буго цохIо хIалтIи. Гьеб хIалтIул хIасил ккезе ккани, кидаго цадахъги рукIине ккола нилъ. Гьединлъидал лъикIабги букIинаан, подпискаялъул заманалдаги, тадбирал цадахъ тIоритIани. Щай бегьуларел цадахъ гьоболлъухъ рилълъине магIарул росабалъе, гIодоблъиялда ругел магIарулал ругел районазде. Гьеб мехалда рес букIина подписка цIикIкIинеги, — ян абуна гьес.
Дагъистаналъул халкъияв шагIир КъурбанмухIамад МухIамадовасги баркала загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабазе.
— Газета кидаго букIана щибаб магIарул рокъобе щолеб божараб гьудуллъунги гьоболлъунги. Гьенисан лъалаан магIарулазда ждерго тарихги маданиятги. Гьеб цIалулаан гъираялда. Амма ахирал соназ гьеб хъвалезул къадар дагьлъулеб буго. Киналго социалиял гьиназде руссун руго. Бихьулеб буго газеталъулъ лъугьунел ругел лъикIал хис-басиялги, — абуна гьес.
Данделъиялде рачIараз цоги нухалда хIалтIулъ чIахIиял хIасилалги бергьенлъабиги гьарана газеталъул хIалтIухъабазе.