Шагьаралъул къватIазда гьардухъабаз гьабулеб «бизнесалъул» хIакъалъулъ лъаларев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьезие гIарац кьезе бегьуларин гьарулел малъа-хъваялги гIемер рагIула. КъватIазда гIарац бакIарулел гьардухъабазе кисинир ратарал гъурщал кьунин абун нилъги мискинлъиларо. Гьединаб «садакъаялъул» кумекалдалъун, хIалтIичIого, кIудияб гIакъуба бихьичIого бигьаяб гIумруялде гьардухъаби ругьун гьари гуреб тIокIаб пайда гьелдаса бихьуларо. Ахирал соназдаян абуни, къватIазда рукIунел гьардухъабаздаса гIемерго цIикIкIун руго Интернеталдаса гьардолел гIадамал. Исламалда рекъон, гьардухъанлъиялъул пишаялда нилъ тIад рекъезе бегьулищ? Гьереси бицун гьардолезе РФялъул законалда рекъон тамихI гьабулищ?
Чанго соналъ цебе социалиял гьиназул кумекалдалъун унтарав чи сах гьавизе гIарац бакIарулеб букIун батани, гьанже гьеб къагIидаялдаса пайда босулеб буго гIарац къваригIарав бокьарав чияс. Къо бахъанагIан цIикIкIунел руго цIиял гурхIел-рахIмуялъул фондалги. Унтарал сах гьаризеги, кIудиял ва ресукъал хъизамазе кумек гьабизеги, тIабигIиял балагьаздалъун зарал ккаразеги, рукъ гьечIого хутIаразеги ва цогидалги санагIатазе гIарац гьарулеб буго гурхIел-рахIмуялъул фондаз. Цо-цо мехалдайин абуни гIумру гьабиялъе цIакъго чара гьечIеб жоялъе гIологи гIарац гьарун хъвадарулел руго гIадамал социалиял гьиназдаса. ГIадамал ругьунлъулел руго гьардон бетIербахъи гьабизе. Гьеб гурхIел-рахIмуялъул лъикIаб ишги буссунеб буго хIиллачилъиялде.
Ралагьарал гурхIизаризе кIвани – гIарацги цIикIкIина
Гьаб макъала хъвазе ракIалде ккана, ахираб заманалда, къойилго гIадин гурхIел-рахIмуялъул фондаз кумек гьарун социалиял гьиназда лъолел видео-роликал рихьидал. Кваназе рокъоб чадил кесекцин гьечIин, жал ракъуца холел ругин, Аллагьасе гIололъун кумек гьабеян, гIодилаго гьардолел ругоан гьитIинал лъималгун руччаби. ГIемерисел руччаби ругоан росас лъималгун рехун танин абун кумек гьарулел, цогидал — бетIергьанчи унтун вугин, хIалтIизе рахъине рес гьечIин абун. ЦохIо чIужугIаданалъухъа бажарулеб гьечIо щуго-анлъго бакъараб чехь гIорцIизегIан магIишат гьабизе. Гьезухъ ралагьидал ракIалде ккола – унго бихьиналгойищ гьечIел гьезул тухумалда гьедин лъималги рехун тун чIарав инсуда цо рагIи абизегоян.
ГурхIел-рахIмуялъул фондаз социалиял гьиназда лъолел видео- роликал руго цоял цояздаса «кутакал», балагьарав чиясул ракI гурхIизабулел. Цереккунго рекIехъе лъазарурал «нижер рокъоб квине жо тIагIун буго», «нижер эбел унтун йиго», «Аллагьасе гIололъун кумек гьабе нижее» абун гIодилаго кIалъалел лъимал рихьидал, лъилха ракI гурхIилареб? Щай гьурмалги рахчизаричIого халкъалда рихьизе лъималазул видео бахъизе эбел-инсуца биччалеб? Интернеталде раккизе рес бугел телефонал камурал лъимал къанагIат гурони гьечIо. ГIемерисел улбуз 8-9 сон баралдаса нахъе сайгъат гьарулел руго лъималазе гьединал телефоналги. Классцояз рогьо базе рес бугогури эбел-инсуца гьардезе тIамулел лъималазда. Лъималазул психикаялъе бигьаяб жойищ гьеб?
Чияца хьихьизе ресги букIаго хIалтIунго щай?
ГьитIинго эбел-инсуца гьардезе тIамулел лъималазул психикаялъулъ лъугьунел хиса-басиязул хIакъалъулъ бицана хъизамалъул психолог Рукъият Багамаевалъ:
«ТIоцебесеб иргаялда, гIемерлъимал ругеб хъизамалъул бетIер – инсуда бичIчIизе ккела гьел гьарураб гIолареблъи, хьихьизе ккани хIалтIизеги кколеблъи. Эбел-эмен унтарал ратани – гьеб батIияб иш буго, амма гьедин батаницин лъимал гьардезе тIами рекъараб гьечIо. Лъималазул букIинеселъул ургъел бугей эбелалъ, кигIанго захIматго бугониги жиндирго лъимер гIарцуе гIоло гIадамал гурхIуледухъ видеоялда бахъизе рес гьечIо. Сахлъи бугони хIалтIизе хIаракат бахъила, унтун рес къотIун йигони — кумекги жинцаго гьарила. Гьарун ва гIакъуба бихьичIого щвараб гIарац рокъобе бачIунеб бихьараб лъимер хадубккунги ругьунлъизе буго гьединаб къагIидаялде. Гьединал лъималазул психика, цогидал лъималазде дандеккун, гIезегIанго батIияб букIуна. ЦIаличIого яги хIалтIичIого чияда гьарун гIарац щолеблъи бичIчIараб лъимер лъай ва хIалтIи балагьизе лъугьине гьечIо».
Социалиял гьиназул кумекалдалъун гIемерал ресукъал яги унтарал гIадамазе кумекалъе хIалай ратула гIадатиял гIадамал. Гьединаз цогидазе кумек гьабула бечелъи-мискинлъиялъухъ балагьичIого, жидеегоцин хIалихъе гурони бетIербахъизе гIураб магIишат гьечIезцин гьабула гьарулев чиясе кумек. Вакъарасда лъикI лъалелъул чадил къимат. Садакъа бусурбанчиясе ахираталда батулеб лъикIаб гIамал бугин абула, амма гьардон щвараб садакъаялъ цо- цоял чияр «мугъзада раччун» бигьаяб гIумруялде ругьунлъулел руго.
ГурхIел-рахIмуялъул фондазул социалиял гьурмазда цо-цо мехалда рихьула гIумру гьабиялъе цIакъго хIажалъи гьечIеб къайи-алат босизецин гIарац гьарулелги. Масала, цо пуланай чIужугIаданалъ гьарулеб бугоан жиндие ретIел чурулеб машина босизе кумек гьабеян. Щуго лъимадул ретIел чурун хадуй гъолей гьечIин къварилъахъдулей йигоан гьей. Лъималазул инсуцаги жиндие бигьалъи щибго кумек гьабулеб гьечIила. ГIемерисезул гьелда ракI гурхIана эбел-эменги гьечIей гьей гъарималъе кумек гьабизе ккелин абун. Цо-цо комментаторалин абуни гьелде гIайибал чIвалел ругоан, нилъер умумуз щуго гуреб анцI-анцIги гьабулеб букIанин лъимер, гьез ретIелги квераз чурулеб букIанин абун.
Социалиял гьиназдаги цо-цо мехалда камуларо чияр къварилъиялдаса пайда босун гIарац бакIарулел хIиллачагIи. БатIи-батIиял гурхIел- рахIмуялъул фондазул социалиял гьурмаздаса кумек гьарулезул видео-роликал яги сураталги «рикъун» Интернеталда тIибитIизабула, гIарац бакIаризе жидерго банкалъул картаялъул баяналги кьун. Гьединал хIиллачагIаз чанго къоялда жаниб миллионалцин ракIарулел руго ва социалиял гьиназдаса кинабго информацияги бацIцIун тIагIунел руго. Гьединал хIиллачагIазда хадуб халкколел хасал къокъабиги руго социалиял гьиназда. Гьез малъулебги буго гурхIел-рахIмуялъул фондалъул хIакъалъулъ киналго баянал лъазарун гурони лъиего кумек гьабизе гIедегIугеян. БацIцIадаб хIалтIул фондазги пуланав чиясул картаялъул номералде гуреб, жибго фондалъул хасаб картаялде бакIаризе кколин гIарацин рикIкIунеб буго гьез.
ЦIакъго рес къотIаразе
исламалъги изну кьола гьаризе
Исламалда садакъа гьаби цIакъ беццараб гIамал бугониги гьардухъанлъи инсанасул къадру гIодобегIан гьабулеб жолъун рикIкIунеб буго. Нилъер диналда бусурбанчиясул къадру бацIцIад цIунизе, гьев гIодовегIан гьавулеб жоялдаса рикIкIад чIезавизе лъикIаблъун бихьизабула.
КъватIазде рахъун гьардолел гIадамазе гIарац кьезе бегьулищин абураб суалалъе, ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ гьадинаб жаваб кьолеб буго:
«Жиндаго хIалтIизеги бажарулев ва рескъотIиялдаги гьечIев чиясе гьукъараб буго гьардезе. БатIалъи гьечIо гьес садакъа, кафарат яги закат гьарулеб бугоницин. Нагагь бечедав ва хIалтIун магIишат гьабизе бажарулев чиясе садакъа кьолеб бугони, гьесие лъикIаб буго гьелдаса инкар гьабизе. ГIагарлъиялъ яги гьудул-гьалмагълъиялъ кьураб садакъаялдаса абуни инкар гьабизе рекъараб гьечIо, гьес инкар гьабиялдалъун гьезда гьоркьоб ракI холеб бугони.
ГIарцудалъун кумек гьабеян гьари — аслияб куцалда гьукъараб жо буго, амма цIакъго рес къотIиялда вугев чиясе гIарцулаб кумек гьаризе изну буго.
Ресалда вугев ва хIалтIизеги бажарулев чияс гIарац гьарани гьев мунагьалъукье ккола. Ресалда вугевин абула закат щоларев чи.
Мискинав чиясгицин цогидазда цеве живго гIодовегIан гьавулеб къагIидаялда садакъа гьаризе лъикIаблъун бихьизабуларо исламалда. Нухдаса жидерго къваригIелалъ унел гIадамазда аскIоре ун гьар- дейги лъикIаблъун рикIкIунаро. Садакъа кьеян гьардон гIадамал намуслъизариги хIарамаб буго.
ЦIакъго рес къотIун ва ракъун ругони, жидедаго бугеб хIал гIадамазда бихьизабизе ва кумек гьабеян гьаризе ихтияр буго. Амма лъикIаблъун букIина гIадамазда цере инжитлъичIого гурхIел-рахIмуялъул фондазде ине».