ДРялъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас тIобитIараб Эпидемиязде данде къеркьолеб комиссиялъул данделъиялда бицана чехь-бакьазул рахунел унтабазул хIакъалъулъ.
Роспотребнадзоралъул регионалияб хъулухъалъулги ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъулги баяназда рекъон, 2020 соналъул анлъго моцIида жаниб бакьазул рахунел унтабаз унтана гIадамазул 13,3 %. Цебесеб соналде дандеккун, гьел унтабазул къадар дагьлъана 52,3 проценталъ.
Унтарал дагьлъиялъе гIиллалъун махщелчагIаз рехсолеб буго коронавирусалде дандечIеялъул мурадалда гIуцIарал тадбирал. Амма, Потребителазул ихтиярал цIуниялъул ва инсанасул сахаватаб гIумру гIуцIиялъул рахъалъ Федералияб хъулухъалъул ДРялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул баяназда рекъон, буго бакьазул рахунел унтабазул ахIвал-хIал хIалуцараб 14 муниципалитет. Гьезда гьоркьор рехсана Гъизляр, Хасавюрт, МахIачхъала шагьарал ва Хъумторхъала, Тарумовка, Карабудахкент, Каякент районал. ГIемерисел бакIазда гIиллалъун ккола лъикIаб даражаялъул гьекъолеб лъим гьечIолъи ва ралъдал рагIаллъабаздагун пляжазда чороклъи букIин.
Унтарал гIадамазда гьоркьоса бищун гIемер руго 17 сон бачIел лъимал (75,6№), гьезда гьоркьосаги 49% ккола кIиго лъагIел бачIел лъимал. «Флекснерил шигеллаялъ (унти ккезабулеб бактерия – ред.) дизентерия ккезабурал гIадамазул къадар бахана 76,1 проценталде. Гьелъ нугIлъи гьабула унти лъедасан бахунеб букIиналъе. ХIажат буго рогIразухъан чвахулеб лъел халгьабизе, хасго унтарал гIемер ругел бакIазда», — ян бицана Н. Павловас.
Эпидемиялъул цIех-рех гьабулаго загьирлъана: исана июлалъул къого къоялда жаниб унти бахиналъе гIиллабазул 16 процент ккола ралъдал ва рукъзабахъе бачараб гьекъолеб лъим. Май моцIалда букIана 7,2%. Дербент, Гъизляр, Буйнакск, Избербаш ва Каспийск шагьаразул гIадамазул рукъзабахъе лъим бачIуна радал-бакъанида, ай пулунал сагIтазул заманалда. Гьелъги цIикIкIинабула лъим чороклъиялъул ва гьелдалъун бакьазул унти ккезабиялъул хIинкъи.
ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрасул ишал тIуралей Татьяна Беляевалъ абуна Хасавюрт ва Гъизляр шагьарал ругин бакьазул унтаби рахиналъул рахъалъ цебесеб кьерда.
Гьенибги аслияб гIилла буго чорокаб лъим хIалтIизаби. Камуларо кванил нигIматал цIуниялъулъ хашлъи теялдалъун унтиялъул хIужабиги.
Ралъдал лъим чороклъиялъе гIиллаги рехсана данделъиялда: канализациялъул ва цIадал ралеб заманалда къватIаздаса чвахулел лъаразул лъим гъорлъе бачIин.
Лъел инфраструктура къачIаялъул рахъалъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана ДРялъул БакIал раялъулгун ЖКХялъул министерствоялъул управлениялъул нухмалъулесул ишал тIуралев СупигIумар Аслановас. Гьесул баяназда рекъон, республикаялъул инвестициязулаб программаялда рекъон, ункъо млрд гъурщихъ базе буго 102 лъел объект. ГьедигIанасебго гIарац бачIине буго «БацIцIадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъонги (гьеб проекталъе бихьизабун буго анлъго лъагIел). 61 объект балеб буго исана, лъагIалил ахиралде хIалтIизе байбихьизе ккола 29 объект. Республикаялъул нухмалъиялъул берзукь буго Дербенталдаги, МахIачхъалаялдаги, Каспийскалдаги ралел ругел лъим бацIцIад гьабиялъул объектал.