Новость на родном

Тохтурзаби рукIалиде рачIинарулеб центр

Каспи ралъдал рагIалда бугеб «Журавли» абураб гIелмиябгун сахлъи цIуниялъул комплексалда рагьана пандемиялъул заманалда бищун унти цIикIкIарал бакIазда хIалтIарал тохтурзабазе реабилитация гьабулеб центр. ЧIобого 500 чи къабул гьавизе вуго гьенив.   7 июлалда центр рагьулеб къоялъ гьенире рачIун рукIана республикаялъул хIукуматалъул т1оцевесев вице-премьер Анатолий Карибовги, сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовги, цогидалги. Реабилитациялъул централъ тIоцере тIаде къабул...

Новость на родном

Турциялъул магIарулазул гъасда накъитал

(Цебесеб 25-аб. номералда) «ГьечIо дунялалда Кавказалъул­гIан берцинал гIадамал. Нагагь ра­тани, гьелги нилъераздаса лъугьарал наслаби ратила». Гьадинал пикрабалъ йикIана дун Турциялъул тахшагьаралда, дир гьудулзабазул рокъоре ракIарарал магIарулазул наслуялъухъги балагьун. Аваданал, чIурканал, рагьарал гьурмазул, тарихияб ватIан биларал нилъер миллатцоял! Гьеб къоялъ ракIалде щвана, церегIанго соназ, рикIкIадаб магIарул росулъ дицаго бараб гьоболлъи. Нилъехъе гьобол ячIун йигин абун рукъалъул...

Новость на родном

Магьди-МухIамад Камалов: «Дир вац Шамил ГIисаевас чIвачIо»

Дагьал церегIан къоязда «Коммерсант» газеталъ лъазабуна «Черновик» газеталъул бетIергьанлъун вукIарав ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайиб РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ гIунтIизабунин ДРялъул вице-премьерлъун вукIарав Шамил ГIисаевасде. Гьединалго гIайибал гIунтIизарулел руго жеги лъабгоясдеги – Мурад ШугIайбовасде, МухIамад Хазамовасде ва МухIамад АбихIасановасде. Дагьалъ цебегIан судалъ Шамил ГIисаевасда тIад чIезабуна Гъуниб «Орлиное гнездо» абураб хIухьбахъиялъулаб бакI къачIазе республикаялъул бюджеталдаса биччараб гIарац...

Новость на родном

Аслияб законалъул аслиял тIалабал

Улкаялъул аслияб законалда хиса-басиял гьаруна. Гьезул рахъккуна гIадамазул 76 проценталъ. Кинал хиса-басиялха гьарурал?   1. Халкъазда гьоркьосел къотIи-къаяздасаги аслияблъун гьабизе Россиялъул Конституция, ай пуланаб хIукму гьабулаго, тIоцебесеб иргаялда, улкаялъул аслияб законалде мугъчIвай гьабизе. 2. Улкаялъул хIукуматалъул председателасулги, министразулгун федералиял идарабазул нухмалъулезулги, губернаторазулги, сенаторазулги, депутатазулги ва судиязулги къватIисеб улкаялъул гражданство яги гьениб гIумру гьабизе кьолеб ихтияр...

Новость на родном

ГIедегIун кIетIана дур рекIел сагIат

ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвеялъе   3 июлалда нилъедаса ватIалъана ГIабдулманап НурмухIамадов. Гьев щив ва щиб пишаялъул чи вукIаравали газета цIалулезда бицинчIониги лъала. Гьесул вас ХIабибица цоялда хадур цоял машгьурал бергьенлъаби росун хадуб, цадахъго тIибитIана ГIабдулманапил цIарги нилъер пача- лихъалда ва улка бахун къватIибехун. Дунялалъул 18 чемпион хIадур гьавурав чи хIисабалда, гьесул цIар босун буго Россиялъул...

Новость на родном

Динияб лъай кьеялъеги интернеталдаса пайда босула

Дагьал церегIан къоязда ГIахьвахъ районалда лъималазда гьоркьоб Къуръан цIалиялъул конкурсалъул хIасилал гьаруна. Киса-кибего коронавирус унти тIибитIараб заманалда динияб лъай кьейги чIезабун течIо районалда. Мадрасаялда цIалулел рукIарал лъималазе рес букIана интернеталъул кумекалдалъун онлайн-дарсаздаса пайда босизе.    Пандемиялъул заманалда Инстаграмалъул кумекалдалъун муфтияталъул ГIахьвахъ районалда бугеб лъай кьеялъул (просвещение) отделалъ Къуръан цIализе лъалел лъималазда гьоркьор къецал тIоритIана. Гьоркьоса...

Новость на родном

Дуца кьураб дуего батула

Исана гьабураб хIалтIул, коронавирусалъул пандемия тIибитIиялда бан ккарал хиса-басиязул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместитель,ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадханилгун. — МухIамадхан, исана щиб гьа­бизе ракIалда букIараб Фондалъул хIалтIухъабазда ва щиб гьабун ба­жарараб?   — ЛъагIалида жаниб нижеца гьабизе кколеб хIалтIи тасдикъ гьабула ДРялъ­ул хIукуматалъул хIукмуялдалъун. Коронавирусалъул хIасилалда, исана гьединаб хIукму къватIибе...

Новость на родном

Бахиллъизе бачIана

Ургьисалабиги унтун, респу­бликаялъул урологиялъул цен­тралде ккун йикIана дун. Гье­ниб бараб заманалда жаниб дида бихьана унтараздехун гьелъул хIалтIухъабазул бугеб недегьаб, жавабчилъи цIикIкIараб бербала­гьи.   Ничаб жойилан тунищали, цогидал унтабазул хIакъалъулъ гIадин, гIадамаз гIемер бицунарин ккола дида кIварщул мухъалда, ур­гьисалабазда хурхарал гIузрабазул. Гьел сах гьарулел къагIидабиги батIи-батIиял ругелъулха гьанже. Гьеб рахъалъ лъай камилал тохтур­заби ратана централда.  ...

Новость на родном

50 соналъ росдае хъулухъалда

Гьанжего-гьанже 20 сон барав гIолохъанчи вукIана МухIамадов Гъазилав, Буй­накск шагьаралда медучилище­ги лъугIизабун, Шамил района- лъул Дагъбаш росдал медпун­кталде хIалтIизе вачIиндал. Расги бигьа букIинчIо гье­сие я ток, я автомашинаялъе нух гуреб, цин хIалтIун, цин чIун букIунеб телефоналъ­ул бухьенги чамгIалаб росулъ хIалтIизе. ХIалтIул хIалбихьиги букIинчIелъул, кинабго лъутIа- къотIизе кколаан гъалатI кко­ларедухъ.   Жакъа 70 сонил борхалъуде вахиндал,...

Новость на родном

ГIолилазе нух къалъизабулел чирахъал

Инсанасул адаб гьаби «модаялдаса» ун буго ахираб заманалда. Адаб гьабилъун рикIкIунеб буго ресалда вугев гIагарав чиясеги, мадугьаласе­ги, гьоболасеги, хIата хIакимчиясецин хIели. Умумуздасан нилъее ирс­лъун хутIараб адаб-хIурмат гьабиялъул гIадаталги кIочон тун, халкъалъ­ул мулкалда хъат барал, жидерго чвантил гурони ургъел гьабуларел, циндаго бечелъарал гIадамазул къадру борхизабизе хIаракат бахъулел рукIуна гьезда сверухъ ракIарарал хIелхIелчагIи, гьезие лагълъи гьабизе хIадурал...