Руччабазул кIарчанлъийищ, ахир заманалъул балагьищ?

Россиялъул цогидал регионазда гьоркьоб, хъизамал риххунгутIиялъул рахъалъ лъабабилеб бакIалда буго Дагъистан. Азарго ригьнада гьоркьоса бищунго цIикIкIун ригьнал риххун руго Сахалин областалда. Бищун дагь – Чачаналда, Ингушетиялда ва Дагъистаналда.

 

Росстаталъул баяназда рекъон, 2018 соналда Россиялда данделъун буго 967000 хъизан ва гьебго заманалда жаниб ратIалъунги руго 613000 рос-лъади.
Дагъстаталъул баяназда рекъон, 2020 соналъул январалда ригьин гьабун буго 793 хъизамалъ, ратIалъун руго 323 рос-лъади. Февраль моцIалда гьабун буго 1053 ригьин ва ратIалъун руго 429-ял.
ДРялъул ЗАГСалъул баяназда рекъон, 2018-2019 соназда данделъарал хъизамазул 30 процент ратIалъун руго.
Ригьин гьабураб щибаб лъабабилеб хъизам батIалъиялъе гIилла щибха? Гьелъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабидал баянлъана, Россиялда хъизамал риххиялъе аслияб гIилла гьекъолди, наркомания, рос-лъади цоцазе хилиплъи кколеб букIин. Нилъер республикаялдайин абуни, гьел гIиллаби ахирисел бакIазда руго.
Дагъистаналда хъизамал риххиялъе руго гьадинал гIиллаби:

1. Рос-лъади магIишат, хъизамалъул тIалаб гьабиялде хIадурлъун гьечIолъи.
2. Ресукълъи, хъизам хьихьизе кIунгутIи.
3. Росасул яги лъадул гIагарлъиялъулгун гьоркьорлъаби лъикIал гьечIолъи.
4. Гьекъолди.
5. Рос-лъади цоцазе хилиплъи.
6. Цогидалги гIиллаби.

ГIемерисеб мехалда, рос-лъади ратIалъулелъул, гьел киналго гIиллаби цадахъгоги данд чIвала. Масала, росги лъадиги цадахъаб магIишат гьабизе, хъизан гIуцIизе хIадурго гьечIолъиялъги загьирлъулел руго цогидал гIиллаби. ГIицIго чIужуялда тIадаб гурони, росасда гьелъул ихтиярал лъангутIиялъги бижизабулеб буго хъизамалда жаниб рокьукълъи. Ресукълъиялъги хIалтIи гьечIолъиялъги гIолохъанал хъизамал цIунизе захIмалъулеб буго. Ва гьеб киналдаго гьоркьоре гIагарлъиги лъугьани, тIубанго биххулеб буго хъизам.
Ахирал соназда хъизамал риххиялъе ругел гIиллабазул гьадин бицана нижеца гара-чIвари гьабураз.

ГIедегIулел руго хъизан биххизе

МадихIат, 73 сон: «Нижер заманалда букIараб захIмат хIехьезе кколеб букIарабани, гIодор ккаралъуса тIадего рахъинароан гьанжесел ясал. Лъимер гьабизе заман щвезегIан хурирги хIалтIулаан ниж, 9-10 лъимерги гьабулаан, ясли-ахалги, ретIел чурулел машинабиги рукIинчIо нижер. Гьанже харил магьал раччизе кколаро, пачалихъалъ лъимал хьихьизе гIарацги кьолеб буго, эбелалъулаб капиталги буго. Гьанжесел руччаби росас хьихьулел гьечIин, квер борхулеб бугин, цогидай тIаде ячун йигинги абун, росасдаса ратIалъулел руго. Жийги лъималги хьихьизе кIоларев рос щайин къваригIаравин абун хъизам биххизе гIедегIулел руго.
ГIолохъанаб мехалда дир росги вукIана квешав, иман рекIелъ гьечIев чи. Мехтараб мехалда дун юхулаан, гъалмагъир гьабулаан. Цогидал руччабиги камулароан гьесул.
Цо нухалда дие квешезеян абун какикьжоялде тIаде хъублъи гьабуна гьес. Гьеб мехалда рокъоса нахъе уней йикIарай дун эбелалъ нахъ юссинаюна. КигIан квешав вугониги, дур ункъо ясалъул эмен вугин гьевин абуна гьелъ. Гьел ясал рос-рукъалде унелъул, гьел абизе рачIунел гIадамал дурго нахъияб гIагарлъиялъухъе гурел, гьезул инсухъе ине гIоло хIехьезе кколин дуца гьевин абуна гьелъ. РатIалъараб хъизамалдаса яс гьаризеги лъикIаб хъизамалдаса чи вачIунареблъи лъалаан дида. Асиятица ФиргIавн хIехьарав куц ракIалдаги чIезабун хIехьана кинабго.
Гьале ясалги рукъалде руссана, гьезулги лъималазул лъималги руго. Росги херлъун бусаде ккана. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулей дунги йиго. Гьанже вукIунаха дида тIаса лъугьаян гьарделев. Жакъа къоялде щвезегIан чияда лъазе течIо дица дирго рукъалъул къварилъи. Лъадул гIакълуялъ данде бачунеб жо букIуна хъизам. Цо-цоял рукIуна мадугьаласул ахикь пихъ лъикIаб бугин, жидераб къадараб бугин къварилъахъдулел, гьес гьелда хадуб гьабураб хъулухъалъул хIисабго гьабичIого».

Чанги сардал ана магIу тIолаго

Зарема, 35 сон, цо лъимергун ятIалъарай: «Лъимадуе гIоло 10 соналъ цIунана дица хъизам. Гьелщинал соназ хIехьана наркотикалги хIалтIизарулев, дие гIакъубаги кьолев рос. Дун росасе ун йикIана рокьи ккун. Дун гьаризе рачIиндал, инсуцаги калам гьечIого кьуна, васасул эбел-эмен лъикIал чагIи ругинги абун. ЯчинегIан живго лъикIав чилъун вихьизавулаан гьес. Лъимер гьабун хадуб тIуванго хисана. ГIемерисеб заман гьесул гьудулзабазда цадахъ унаан. ХIалтIизеги гьес дун йиччалароан.
Данделъун лъабабилеб соналде гьудулзабазда хадувги ун, диналъул батIияб мухъилъе лъугьана. Дица вирд гьабулелъул ццидахунаан. Рамазан моцIалъ наркотикалги хIалтIизарун вачIунаан рокъове ва дунги юхулаан. Чанги сардаз росас юхун къварид гьаюрай дун унаан гьесул эбелалъухъе, хIинкъиялъул кутакалъ гьелда къвалги бан, гIодилаго рогьунаан сордо. Ясалдаги бихьулаан гьес гьабулебщинаб. Гьес гьеб квешаб гIамалгIаги телародаян абун, чанго нухалда эбел-инсул рокъое арай дун, хадув вачIун гьес нахъе ячана. Эбел-инсул рокъое тIуянго тIад юссани, дун лъиего хIажалъиларин ракIалде кколаан. Гьединлъидал гIагарлъиялдаги щибго лъазе толароан. Гьесги хIайванилан гуреб цIарцин абулароан дида. Нижер ахIвал-хIал кватIун бичIчIарай мадугьалалъ абуна дида цо къоялъ гьев чияс тохлъукьего мун чIвани, дур яс лъицадай хьихьилаян. Гьеб мехалда ракIалде ккана дида, гIадамазул гIайибаздаса хIинкъичIого, гьеб балагьаб рокъоса дирго лъимер хвасар гьабун лъикIилан.
Росасдаса ятIалъун хадуб бащдаб лъагIалица рукIалиде бачIунеб букIинчIо дир гIумру. Жиндаго букIун батилин гIайибин абулелги камичIо. Гьезул щивасда дирго гIумрудул хIакъикъат бицине дунги инчIо. Бокьараб бицунел рукIаян гIадамалги тун, хIалтIизе ва цIализе лъугьана. Къад университеталде хьвадулаан, къалъудаса хадуб руччабаз квен гьабулеб бакIалде хIалтIизе хьвадулаан. ХIалтIуца ва бокьулеб ишалъ кIоченабулаан дирго къварилъи. Гьанже цIалиги лъугIана, цогидав чиясе росасеги ун цоги лъимерги гьабуна. Дирго ясги гьесул лъималги цадахъ хьихьун, гIадамал бахилаб яшавалдаги йиго гьанже».
ВагIзачагIи гIемерлъун,
гIадлу хун буго

Хадижат, 47 сон: «Ахираб заманалда хъизамал риххиялъе гIиллалъун дица рикIкIуна, руччабазе ихтиярал цIикIкIун щвей. Интернеталдасан руччабаз цIехолеб буго лъикIабги квешабги. Гьаб Инстаграм абулеб социалияб гьиналдаги психологалги вагIзачагIиги гIемерлъун, гIолилазул гIадлу хун буго. Хъизамал риххи битIахъе модаялде сверулеб буго. Цебе росасдаса ятIалъарай чIужугIадан лъикI заманаялъ къватIиего яхъунароан, магIишат гьабизеги гьелъие захIмат букIунаан. Гьанжейин абуни, чIужугIаданалъухъа жийгоги лъималги хьихьизе бажарулеб буго. ЯтIалъун хадубги психологазухъе хьвадун хехго рукIалиде ячIуней йиго. ЯтIалъи цебе нич букIун батани, гьанже гьелъул хIакъалъулъ кIудияб бергьенлъи босараб кинигин бицуна.
Диниял чагIазги бицунеб буге-лъулха чIужугIаданалъул ихтияр бугин рукъалъул хIалтIи гьабичIого тезецин. Гьеб бичIчIаралдаса нахъе руччабиги жидерго ихтиярал цIехезе, гьездаса пайда босизе лъугьунел руго. Росасул эбел-инсулги гьесул яц-вацазулги къимат гьабулеб гьечIо, гьезие адаб-хъулухъ гьабиялдаса инкар гьабулеб буго. Васасул хъизамалъ цебе гIадин эбел-инсуда аскIоб гIумру гьабулеб гьечIо. Гьединлъидалги батила жидеего бокьахъе хъизамалги риххи-
зарулел. ГIицIго жидерго рахIаталъул гуребги, гьоркьор хутIулел лъималазулги ургъел гьабизе ккеларищ».

Лейла, 28 сон: «КIудияб гIелалъул руччабазда гьанжесеб гIел бичIчIулеб гьечIо. Цо-цо мехалда гьез нижедехун бугеб жидерго жахIдацин бахчуларо. Нужее бугеб рахIат жидее щвечIин абула. Исламалда рекъон, лъабго моцIалъ хъизан хьихьичIого тарав росасдаса ятIалъизе гьаеян имамасда аскIое ине ихтияр буго чIужугIаданалъул. Имамас гьев чи вагIза-насихIат гьабун кантIизавизеги бегьула. Имамасухъе ун, жиндирго ихтияразул тIалаб гьабигицин нилъер гIадамаз рогьо-ничалде сверизабула. ЦогIаги чIужугIаданалъе хIажат букIунаро лъимал инсудаса ратIа гьаризе.
Нилъер бихьиналин абуни чанго соналъги рукIуна Россия сверулел, гурхIарас хьихьагиян лъадиги лъималги росулъ рехун тун. Цо-цоял гьенирго лъудбиги рачун чIола, цогидал чунтбиги рагьун, тIад руссунги рачIуна. Щай бегьулареб гьезие вагIза-насихIат гьабизе? Гьабураб вагIза-насихIатги бичIчIичIони, лъималги гьев чиясе хIажат гьечIони, щай чIужугIадан гьединаб хъизамги цIунун чIезе кколей?»