Гьеб нухалъул хIакъалъулъ дица «ХIакъикъат» газеталде хъвалеб буго лъабабилеб нухалда. Цо нухалъ хъвараб газеталдаги бахъана ва дир гьелъие лъикIаб къимат кьун ЦIумада районалдаса чияс хъвараб макъалаги биччана. Гьев чигун дун данд чIвана Ветераназул госпиталалда ва гьесулгун лъикIаб хабарги ккана. Гьоркьоб лъикIаланго заман индал, «ХIакъикъат» газеталъ байбихьана, ,гьеб масъалаги борхун, цIидасанги макъалаби рахъизе. Гьеб заманалда...

