Фашистазул концлагеразда гьоркьоб Саласпилс букIана бищунго гIасияб. Гьеб хIалтIана лъабгогIан лъагIелалъ ва гьениб чIвана аза- азар лъимер. Гьеб букIана хвалил лагерь гуребги бидул банклъунги. Зулмуялъ тату хун, ракъун-къечон холел, жеги щуго сонцин бачIел лъимал фашистаз рикIкIунаан бидул цIурал чIагоял контейнераллъун ва медицинаялъул экспериментазе щвараб материаллъун.
Лагерь бан букIана жугьутIазе
1941 соналъул октябралда Латвиялда базе байбихьана лагерь. Гьеб балеб букIана Саласпилс абураб поселокалда гIагарлъухъ – фашистаз гьелда Кайзервальдин абун цIар лъунги букIана.
«А» эйнзатцгруппаялъул (тIомол кьералъухъ балагьун ва рейхалъул политикиял тушбабигун къеркьолеб СДялъул хасаб къокъа) нухмалъулев Шталекерица жиндир нухмалъулезухъе хъван буго: «1941 соналъул тIоцебесеб декабралдаса нахъе рейхалдаса бачIунеб буго жугьутIал рачунеб транспорт. Гьезда гьоркьоса 20 азарго чи витIана Ригаялде. Лагерь балезда гьоркьор киналго руго жугьутIал ва гьаб лагералда ихдал ракIаризе бегьула исана хасало хвечIого рорчIарал киналго жугьутIал», — ан.
Хадубккун ССалъул генерал Йекельница судалъе кьурал баяназда рекъон, щибаб анкьалда концлагералде бачIунаан жугьутIазул цIураб кIиго-лъабго эшелон. Щибалда вукIунаан азаргониги чи. «Нижеца чIвана гIага-шагарго 87 азаргогIанасев жугьутIав, цогидал улкабаздаса Саласпилс лагералде вачIарав», — ан мухIкан гьабуна гьес.
1942 соналъул риидалалде Саласпилсалъул лагералде щвезаризе байбихьана латышазул антифашисталги асирлъуде ккарал советиял солдаталги, – цыганалги.
Бахъулаан ахирисеб бидул къатIрацин
Официалияб Латвия мукIурлъулеб гьечIо Саласпилсалда гIемерал лъимал чIванин абураб хIужаялъе, амма гьеб тасдикъ гьабула гьединал ишазул нугIзаллъун рукIарал гIадамазул ракIалдещвеязги киназдаго лъалел ишазги. Аслияб къагIидаялда гьенире рачунаан Белоруссиялдасаги Россиялъул Псков, Калинин ва Ленинград областаздасаги лъимал.
Официалиял документазда Саласпилсалда абулаан «ЗахIматалъул рахъалъ тарбия кьеялъул лагерилан» абун. Амма хIакъикъаталда гьеб букIана бидул банклъунги инсанасул ракI гъанцIизарулел медицинаялъул хIалбихьиял гьарулеб бакIлъунги. Гьенир рукIана кIиго, лъабго сон баралги, жеги эбелалъул керен хахулелги лъимал. ЦIаралъул бакIалда щивасул букIана маххул жетоналда тIад бикIараб номер. Лъабго соналъ хIалтIана лагерь ва гьеб заманалда жаниб гьениб бахъана лъималазул бидул 3500 литр. Гьеб битIулаан госпиталазде — гьенир ругел ССалъул офицерзабазул сахлъи камил гьабиялъул мурадалда.
ГIисинал асирзабазе бищунго захIматаб лахIзатлъун букIана хъахIаб халгIат ретIарав немец баракалъуве вачIин ва столалда тIад медицинаялъул алатал гьес тIиритIи. ВахIшиял тохтурзабаз лъималазе буюрухъ кьолаан регаян ва квер гIебеде битIеян абун. ГIемерисез сихIтун малъараб гьабулаан. Инкар гьабурал столалда рухьунаан ва зулму гьабун бахъулаан гьезул би. РухI тIагIун, хвалде рехарал лъимал рачунаан баракалъуса къватIире ва лагералъул коронир рухIулаан яги аскIоб бугеб лъел каналалъуре рехун толаан.
Гьелде тIадеги, Саласпилсалда рукIарал лъималазда хIалбихьулаан батIи-батIиял загьруязул — лъималазе кьолеб кванилъе балаан мышьяк яги гьарулаан, гьебги гъорлъе жубан уколал, ялъуни загьруял газазул цIезарурал камерабазде ритIулаан.
7000 лъимер чIвана
Статистикиял баяназда рекъон, Саласпилсалда букIана 12 азарго советияб лъимер ва гьезул бащдалдаса цIикIкIун хвана, донорал хIисабалда хIалтIизарун хадуб. Амма фашистаз хIаракат бахъана жидерго чIвадарухъанлъиялъе нугIлъи гьабулел хIужаби рахчизе.
Масала, судалда жавабал кьолаго фашистаз кьурал баяназда рекъон, гестапоялъул хIалтIухъан Блобелил нухмалъиялда гъоркь тIагIинаруна гIемерал асирал рукъун рукIиналъул лъалкIал, гьезда гьоркьор — Саласпилсалъул туснахъазулги. ЛъалкIал хутIунгутIиялъул мурадалда фашистаз рухъулаан гIемерал жаназаби цадахъго рукъарал хобал ва рухIулаан гьезул хутIелал. Хобал рухъизе тIамулаан жугьутIал ва гьелги, хIалтIи гьабун бахъараб мехалда, чIвалаан ва цIадаре рехулаан.
1944 соналъул хасалихъе, советияб аскаралъул гьужумалъукьа лъутулаго, фашистаз, лъалкIал рахчиялъул мурадалда, чIвадназде буссинабуна Саласпилс концлагерь, гьелъул хIалтIухъабиги (немцалги латышазул полициялъулалги) хехго ритIана батIиял бакIазде.
1945 соналъул 28 апрелалда Саласпилсалъул ракьалъул халги гьабун, гьениб батараб 54 хобалъуб батана 632 жаназа. Судалъулаб медицинаялъул экспертазул хал гьабиялда рекъон, гьезда гьоркьоб букIана 114 хахулеб лъимер, 106 — 1-3 лъагIел бараб, 91 лъимер — 3-5 сон бараб, 117 — 3-8 сон бараб…
Саласпилсалда чIварал гIисинал туснахъазул хIурматалда рагъдаса хадусел соназда гьениб бана мемориал.