Новость на родном

Цолъиялъул тарихияб байбихьи

  Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гIадамаз гIумру гьаби­зе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батIи-батIиял къавмаздаса гIуцIараб халкъалъ нахъа тана цIар араб, бахIарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетIеялъулъ ккана кIуди-кIудиял хиса-ба­сиял. Берцинаб тIабигIаталъги, ракI рагьарал гIадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугIрул) абулеб ракьалде магърибалда­саги машрикъалдасаги гIалимзабазулги гIадатиял гIадамазулги пикру цIалеб букIана. Гьединаб гьитIинаб,...

Новость на родном

Хунздерил хьиндаллъиялда бараб цо къо

Арал гIодоркъояз «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар гьабуна, магIарулазул халкъияв шагIир ва гьунар бугев драматург ГIабасил МахIамадил ватIаналде. ЛъагIилухъ росдал школалъул аз­баралда, гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда, монумент рагьулеб тадбиралде ахIун рукIана ниж. Гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ Шамай Хъазанбиевалъ хъвараб макъала гьаб газеталъул 6-абилеб гьумералда бахъун бугелъул, дица бицина дидаго бихьа-таралъул.     ГьанжелъагIан бицунеб рагIун букIаниги, исана...

Новость на родном

Зобал, тIаса лъугьа дир гIанчIлъиялда

ХIамзатил Расулил хьолбохъ ПатIимат гIадайги, ГIабасиласул хьолбохъ Савдат гIадайги гIадан МухIамад Сулимановасда хьол­бохъги йикIарайани, гьесул асаразулги цIаралъулги къиса батIияб букIинаанилан хъвана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Бати­ровалъ.       Гьеб битIарабги буго. Араб ан­кьалда гьел рагIабазул магIна да­гьабги загьирлъана.   ГIедегIулел рукIана Савдат-эбе­лалъухъе. Гьеле гьей хIикматай хIурулгIиналъ Г1абасил Мах1ама­дил цIар лъуна цIвабзазда аскIоб. Жакъаги гьелъухъе...

Новость на родном

Калугаялда батараб талихI

  2020 соналъул 16 апрелалда Россиялъул президент Владимир Пути­ница гъулбасараб «О награждении государственными наградами РФ» абураб указалда буго: «Присвоить почетное звание „Заслуженный врач Российской Федерации“ Гаджиабакарову Шейхмагомеду Магомедовичу, заместителю главного врача по хирургической помощи государственно­го бюджетного учреждения здравоохранения Калужской области „Ка­лужская областная клиническая больница скорой медицинской помо­щи“ имени К. Н. Шевченко» абун.     ШехмухIамад...

Новость на родном

Лъидаха бугеб гIайиб?

Ранго рахъунарел объекталги хIалтIизе чагIи гьечIого хутIараб республикаги   9 сентябралда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб собраниялъул ирга­дулаб сессиялда аслияб кIалъай ккана республикаялда ран рахъунел гьечIел объектазда ва гьелъие гIайибиязда тIасан.   Гьелда бан цо чанго къоялъ цебе парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас инстаграмалдасан бадибчIвай гьабун букIана бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул министр Малик Багли­евасе.   «10 млрд гъурущ...

Новость на родном

Машгьурав артистги администрациялъул бетIерги

ЧIарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчIвана Гьилиб рос­дал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.       — Абакар, мун ккола ДРялъ­ул халкъияв артист, машгьурав кочIохъан, гIемерал соназ райо­налъул культураялъул отделалъе нухмалъи гьабурав чи. Кин кка­рав росдал бегавуллъун?   — Росдаеги росдал жамагIаталъеги дагьабниги пайдаяб хIалтIи гьабизе бокьиялъ. КидаллъизегIанха сце­наялдасан кечI ахIулевги...

Новость на родном

Машгьурлъиялъулги къадруялъулги къуватаб кунчIи

Жиндирго мугIалималъе, Бике ГъазимухIамаевалъе, Руслан Салим­гереевас сайгъат гьабураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:   Мукъадасаб буго, Бикеша,                                            дур цIар, ТIокIцIар батилилан                            ...

Новость на родном

Тушманасе къуркьичIо ГIабдула

БухIараб бакъул къоялъ терро­ристаз сверун ккураб Шодрода ро­сулъа херай эбел нахъе ячине унел дунги дир хъизанги лъалхъиза­руна Болъихъ райвоенкоматалъул хIалтIухъан Сурхаев Шамилица. Гьес абуна цадахъ живги вилълъи­нин, жиндир машинаялде рахаян.     Росу ахадаса тIараде щвезегIан ратана яргъид гIуцIарал хъача- гъас. Цоял ругоан хIамузда, чуязда ярагъги лъун, ХIамилгIин магIарде гьеб щвезабизе ине къачIадулел, цо­гидал —...

Новость на родном

Учитель, дур цIаралда цебе…

«Россиялъул миллаталъул цолъи щулалъизабуралъухъ» абураб пре­миялъе мустахIикълъаразул сияхIалда буго нилъер ракьцояй, «Сод­дружество женщин» абураб ДРООялъулги «Добро по кругу» абураб фондалъулги нухмалъулей ПатIимат Геличовалъул цIарги. Гьелъие гIиллалъун ккана «ГIурус учительзаби Дагъистаналда» абураб тIехь басмаялда бахъи. ПатIиматилгун гара-чIвари гьабуна «ХIакъикъаталъул» мухбир Кав­сарат Сулеймановалъ.     — ПатIимат, мун йиго медици­наялъул хIалтIухъан. Щай дуда ракIалде ккараб гIурус учительза­базул...

Новость на родном

Ахиралде щвезегIан чIола нилъ

Пикруялъулги лъаялъулги рахъалъ церетIурал, Дагъистан тун къватIир гIумру гьабулел нилъерго ракьцоял рихьидал, батIияб асар лъугьуна.     Гьедин ккана гьал къояздаги – «ХIакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ ячIун йикIана Санкт-Петербургалда гIумру гьабулей невролог ПатIимат Асадулаева.     Дагъистаналъул медакадемия лъугIун хадуб, гьей цIалана Санкт-Петербургалъул Мечни­ковасул цIаралда бугеб пачалихъияб академиялъул ординатураялда.   Гьениб неврологасул махщелги камил гьабун, ПатIимат...